Аслияб гьумералде

Рамазаналъул гIаламат

Рамазаналъул гIаламат

ХIурматиял казият цIалулел. Гьаб ахираб кIиго соналда жаниб Дагъистаналъул районазул ифтIарал тIоритIулел руго ГIиса аварагасул цIаралда бугеб рухIияб марказалда. Гьединаб данделъи гьабулеб гIадат нилъер гьаниб цебеккун букIараб жоги гуро. Кинниги, щибаб цIияб ишалде ругьунлъизегIан, цо-цоязулъ бичIчIунгутIиги камулеб гьечIо. Гьединал суалал раккиги гIадатияб иш буго. Щайгурелъул, инсанасул гIадат буго бичIчIулареб жо цIехолеб, гьелъие жавабги щолеб.

 

Нилъееги баян жеги цIикIкIун щвеялъул мурадалда, рачIаха гьелъул пайдаял рахъал рехсезе.

 

Рамазаналъул гIаламат загьир гьаби

Гьединал мажлисал гIуцIизегIан цебе рамазан моцI унаан къад кIалги ккун, къаси таравихI базеги данделъун. Гьебги, моцIрол байбихьуда хIаракат гьабулелин рукIаниги, моцI бакьулъе щвелалде ссун ун, бащадаб жамагIат хутIулаан. Гьал ифтIаразул мажлисал гIуцIизе байбихьаралдаса рамазаналъул гIаламат халкъалда гьоркьоб борхана. ИфтIаралде иналъул, гьелде хIадурлъиялъул бицунел рукIуна чанго къоялъ цере. Гьеб тIубан хадуб гьениб бихьа-таралъул бицунаго уна жеги заман. Гьелде тIадеги, цогидазул ифтIаразда букIаралъулги букIуна бицен.

Жеги, гьел ифтIаразде ахIула батIи-батIиял хъулухъазул, махщелазул гIадамал. Гьезда гьоркьор гIезегIанго рукIуна диналдехун кIудияб гьоркьоблъи гьечIелги. Гьединал гIадамазул рамазаналъулгун гьоркьоблъиги букIунаро. Амма ифтIаразде гьединал гIадамал ахIиялдалъун диналдехун бугеб гьезул пикру хисун, динияб агьлуялде гIагарлъун, тавбуялде руссиналъе сабаблъун ккола. Гьеб гурищ дагIват, гьеб гурищ нилъер мурад.

 

Лъай-хъвай цIикIкIинаби

Гьаб заман буго техника кутакалда цебетIураб. Цоцада аскIор ругел гIадамалги телефоналдасан гаргадулеб. Бусурбаби цоцалъ жураялдалъун щолеб пайдаги ккола цоязда бугеб лъикIаб хIал цогидазде бахун, рекIел иман щулалъи. КагIба-рукъалдаса хира гьабураб жо ккола БетIергьанас инсанасул гьумер. Рокьа-хинлъиялда, рази-ракиго цоцада дандчIваялдалъун мунагьал чурулин абураб хIадис буго. Цоцада рихьигун лъаялдалъун гьоркьор ругел гIиси-бикъинал ричIчIунгутIаби тIаса уна, ракIал цоцалъ журала. Гьелъул хIасилалда халкъалда гьоркьоб щулалъула цолъи, рекъел, цо пикруялда сверухъ данделъи хIасуллъула.

 

ГIалимзаби рихьи

Районалъул ифтIаралъул мажлисазда чанго гIалимчи вукIуна. ГIалимчи вихьи ва гьевгун цо тIутIалда нахъа гIодорчIей, цо мажлисалда рукIин кIудияб даража бугеб гIамал ккола. Гьел рихьи ккола гIалимзаби рокьиялъе бугеб нухги. КагIбул АхIбаридасан бицун буго, къиямасеб къоялъ БетIергьанас цо пуланав лагъасул хIисаб-суал гьабулила. Гьесул лъикIлъабаздаса квешлъаби цIадирабазда цIикIкIун ккеялъ гьев жужахIалде вачеян амру гьабулила. ЖужахIалде рехизе гьев вачун унаго, ЖабрагIил малаикасде амру гьабулила Аллагьас, гъов пуланав лагъасда хадув гъейин ва гьесда цIехейин дунялалда вукIаго гIалимчи вукIараб мажлисалда вукIанищин абун. ГIодов чIун ватани, гьесул шапагIаталдалъун мунагьал чурейин абун. ЦIеханила ЖабрагIилас гьесда, вукIинчIин абун жаваб гьабунила.  Цинги Жабраилас абунила: «Я БетIергьан, дурго лагъасул иш дуда цIикIкIун лъала, гьес вукIинчIин абуна», - ян. БетIергьанас абунила, гьесда гьикъейин гIалимчигун цадахъ цо тIутIалда нахъа гIодовчIун вукIанищин абун. ВукIинчIин жаваб кьолеб буго гьев чияс. Аллагьас абулеб буго жеги гьикъейин гIалимчигун цо къотIнов гIумру гьабунгIаги вукIанищин. ВукIинчIин жаваб гьабулеб буго гьес. Жеги гьикъейин абулеб буго, гIалимчиясулгун насаб цого яги гьесулгун цIаргIаги данде ккараб бугищ абун. ГьечIин кьолеб буго гъов чияс жаваб. Ахиралдаги абулеб буго, дуе гIалимчи вокьулевгIаги вукIинчIищин абейин. Гьеб мехалъ вукIанин абун жаваб гьабулеб буго. Цинги Аллагьас ЖабрагIиласда абулеб буго, кверги ккун алжаналде жаниве лъугьинавейин гьев, дица гьесул мунагьал чуранин гьеб рокьи букIиналъухъ абун. Гьеб даражагIаги щвезе рес буго ифтIаралъул мажлисалде рачIаразе.

Гьал нилъеца рицарал пайдаби руго кIал ккурав чиясе гьеб биххизе квербакъиялде тIаде ругеллъун. Аллагьас тавпикъ кьеги рамазаналъул пайдаби кIванагIан цIикIкIун ракIаризе. Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...