Аслияб гьумералде

Ригьин гьабиялъул моцI

Ригьин гьабиялъул моцI

 

 

Исламалда ригьин гьаби ккола Аллагьасе гьабулеб гIибадатлъун ва Бичасул аварагасул суннат тIубайлъун.  ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я МухIаммад , Дуде щвезегIанги Дица аварагзаби ритIана ракьалде ва гьезие хъизамалги кьуна», - ян.

 

Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абулеб буго: «ХIакълъунго, ригьин гьаби дир суннаталдасан буго. Аварагасул ﷺ гIадаб рацIцIалъи бокьарав чияс дир суннат ккве», - ян. Цоги, аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца хъизанал гьаре ва дир уммат цIикIкIинабе. ХIакълъунго, къиямасеб къоялъ нуж рукIина дир чIухIилъун», - ян. Гьединго, «суннат тIубазабуларев дир умматалдасан кколаро. Ригьин гьаби суннаталдасан буго ва дун вокьулез дир суннатги тIубай».

Аварагас ﷺ гIолохъабаздеги хитIаб гьабулеб буго: «Нужеда гьоркьов ригьин гьабизе рес бугев чи ватани – гьабе, гьеб гьабиялъ нужер берги черхги мунагьалдаса цIунила», - ян. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналдаги абулеб буго: «Ригьин гьабе», - ян.

Гьелъул хIакъалъулъ гIемераб бицана асхIабзабазги. Ибну ГIабасица абуна: «Ригьнада гьечIебгIан мехалъ инсанасул гIибадат щвалде щвараблъун букIинаро», - ян. Ибну МасгIудица абуна: «Дунялалъул рокъоб дир гIумруялъе 10 къо хутIун батанигицин, дие бокьилаан гьел къоял хъизанги гьабун (ригьнада) тIамизе, хъизан гьечIев (янгъизав) чилъун ТIадегIанав Аллагьасда цеве чIезегIан», - абун.

ЧIужу ячине ккани къваригIунел гIемерал харжалги цоги бечелъиги кьезе рес гьечIолъиялъ, чIужу ячине рес балагьулев гIемераб мехалъ хутIула инсан. Гьедин, ригьин гьабизе кватIиялъ мунагьалдеги ккола. КIварабгIан хехго чIужу ячине беццараб буго шаргIалда. Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жиндие лъимер гьабун, гьес гьелда берцинаб цIар лъеян абе, берцинаб (исламияб) тарбияги кьеян абе, балугълъараб мехалъ ригьинги гьабеян абе (васасе чIужу ячун, яс росасе кьун). Лъимер балугълъиялде бахун хадуса инсуца гьесие ригьин гьабичIони, лъимерги мунагьалде ккани (зина гьабуни), гьелъул мунагь лъимералъего гIадин инсуеги букIуна», - абун. (Байгьакъи)

Гьанже хал гьабе, хириял бусурбаби. Кидаха нилъеца лъималазе ригьин гьабулеб бугеб? Балугълъаралдаса 10-15 сон тIаде ун хадуса ячуна нилъеца васасе чIужу, яс гьелдаса цодагьай цее кьола. ШаргIалда хехдари, гIедегIи какараб буго, цо чанго бакIалда хутIун. Гьел гIедегIил гьабизе рихьизарурал бакIазда гьоркьоб рехсон буго гIедал лъималазе ригьин гьаби. Гьезда хъизан хьихьизе кIолароян яги цоги багьанабиги рачун херлъизегIан ригьинги гьабичIого толел руго нилъеца лъимал. Абизе бегьила, гьезда гьеб гIужалда хъизан нухда бачине гIураб гIакълу букIунарилан, амма нилъеда кIочон тун буго, исламияб тарбия кьуни, гIакълу камун гьел хутIулареблъи. Исламияб тарбия гьечIони, кIикъого сон баниги щоларо чиясе гIакълу.

 

 

хIадис

Аварагас ﷺ гIолохъабаздеги хитIаб гьабулеб буго:

«Нужеда гьоркьов ригьин гьабизе рес бугев чи ватани – гьабе, гьеб гьабиялъ нужер берги черхги мунагьалдаса цIунила», - ян. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналдаги абулеб буго: «Ригьин гьабе», - ян.

 

 

 

 

 

Жиндир заманалда лъималазе ригьин гьабунгутIиялъги, шаргIалдаса рахъарал, ригьин гьабизе гIадамазе захIмалъулел гIадатал рукIиналъги, бечедал гурел чагIазе ясал кьезе бокьунгутIиялъги, росасдаса ятIалъарай, рос хварай гIадан, кIиабизе, лъабабизе росасе ин рогьолъун рикIкIунеб букIиналъги, гьел гурел гIемерал къваригIел гьечIел, шаргIалдаса рахъарал гIадатазе гIологи нилъер халкъалда гьоркьоб цIакъго хехаб къагIидаялъ хъахIбалъи тIибитIулеб буго.

Гьеб мунагь гIемер тIибитIиялъ цIакъ бигьаяб жолъун рикIкIинецин байбихьун буго нилъеца. Гьеб буго кутакалда кIудияб мунагь. Зина гьабурав чи чIвазе бихьизабун буго шаргIалда. Зина гьабулев чиясдаса иман батIалъулилан буго хIадисалда. Цо бакIалда зина гьаби тIибитIараб мехалда кутакал балагьал, сах гьаризе кIоларел унтаби тIаде риччалиланги буго. Жакъа гьел нилъеда рихьулелги руго.

Гьединлъидал, гьел унтабаздаса хвасарлъиялъе бугеб аслияб нух ккола шаргIияб ригьин, кIварабгIан хехго лъималазе ригьин гьаби.

Ригьин гьаби, ай магьари лъей шавал моцIалъ гьабизе хирияблъун бихьизабун буго. Имам Муслимица бицараб хIадисалда жиндаса Аллагь разилъаяй ГIаишатица бицана: «Дун чIужулъун ячана Бичасул аварагас ﷺ шавал моцIалъ. Диде аскIовеги гьебго шавалалъ вачIана…», - ян.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...