Аслияб гьумералде

Черх лъадарулеб Рамазан

Черх лъадарулеб Рамазан

ХIурматиял бусурбаби, магIарулал. ГьабсагIат нилъ жинда жаниб бугеб моцI кколаха хирияб Рамазан. Гьелъул хиралъиялъул бицун хIалги кIвеларо. Ибнул Жавзияс гьедун абулеб буго, хабал агьлуялда цIехани бокьараб жо гьарейин абун, Рамазан моцIалдаса цо къоялъ чIаголъи кьеян абилаанин абун. Нилъедаго кодоб бугеб жавгьаралъул къимат лъангутIиялъ буго чарахун.

 

Гьединаб хирияб моцIалъ БетIергьанас нилъеда тIад гьабун буго къад къоялъ черх бакъизаби. Тохтурзабазул баяназда рекъон, гIемерисел унтаби раккулел руго гIемер кванаялъул хIасилалда. Аллагьас нилъее сахлъи гьабулеб буго лъагIалида жаниб цо моцIалъ ракъиги тIад гьабун.

Черх бакъизабиялъул, гьединго, дагь кванаялъул хIакъалъулъ гIемераб хиралъи бицун буго исламиял тIахьазда.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «…Нужеца (хIалал гьабураб) кванай ва гьекъе, амма исрап гьабуге, Гьесие ﷻ исрап гьабулел чагIи рокьуларо», - ян (суратул «АгIраф», 31 аят).

Аллагьас ﷻ МухIаммадил ﷺ уммат ахIулеб буго гIемер кванангутIиялде. ГIемер кванайги исрап гьаби кколелъул.

ГIали ибну ХIасаница абунин «Тафсирул КъуртIубиялда» хъван буго: «Гьеб аяталъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабниги тохтурлъи, дару гьаби рехсана», - абун.

Бусурбабазул амир ГIумар ибну ХатIабица абун буго: «Квандалъун чехь цIезабиялдаса цIуни гьабе, гьелъ черх хвезабула, унтаби тIаде цIала, гIибадат гьабиялъулъ кIвахIалаллъун лъугьинарула. ТIалаб гьабе гьоркьохъеб хIал (гIорцIизегIан кванаге), гьеб нужер сахлъиялъе лъикIаб буго, исрап ккеялдаса рикIкIадабги буго», - ян.

ХIадисалда буго: «Адамил лъималаз кванирукъалдаса квешаб жо цIезабичIо. Адамил лъимадуе мугъ битIизелъун (жиндирго ишал тIуралевлъун вукIине) гIей гьабула кванил чанго лукъмаялъ. ЦIикIкIун кванаялде хIажалъи бугони, те абе кванирукъалъул цо бутIа квание, кIиабилеб - лъиналъе, лъабабилеб - хIухьел цIазе гьаваялъе», - ян (Тирмизи).

Аварагасул ﷺ лъади ГIаишатица абун буго: «Авараг ﷺ накълулъун хадуб тIоцебе баккараб жоялдасан букIана цIикIкIун кванай», - ян.

Нилъецаго хIалбихьун лъалеб жо буго дагь кванан ругони черхги тIадагьго букIунеблъи. ЛъикI гIорцIизегIан кванан хадуб черхалъ цIала рахIат гьабиялде. ГIибадаталъе кутакаб бакIлъигун кIвахIаллъиги бачIуна.

Тохтурзабазул гIелмиял хIалбихьияз чIезабун буго, ракъун чIеялъ чорхол сахлъиялъе бергьун кIудияб пайда гьабулин абун. Бищунго кIудиял пайдабазда гъорлъ рехсолеб буго квен бигьинабиялъе, тIулалда хурхарал унтабазе, цIецIгьаналъул хIалтIи лъикIлъизе, бидул кьаби рукIалиде ккеялъе, ракIалда хурхарал унтаби сахлъиялъе, гIадалнахул хIалтIи ва имуннияб система щулалъиялъе кумек букIунин буго.

БетIергьанас нилъер черхалъул хIалбихьиялъе кьураб моцIалъ дагьабги цIикIкIун рахIат боси битIун букIинарин ккола. КIал кквезеги лъикIаланго кванани, кIал биччазеги кьер-кьерал тIагIамал гьаруни, кинаб хIалбихьи кколеб черхалъе? Гьединго кинаб пайда букIинеб сахлъиялъеги?

Гьаб заман буго жеги хасел инчIеб мех. Сордоги буго кIудияб, къоги гьитIинаб. Гьадинаб мехалдагIаги рекъараб кванан рукIине хIаракат бахъизе ккеларищ.

КIал ккун ругони гьарзаго кваназе тIадаб бугин абураб пикру букIуна киназулго. Гьедин ккураб кIалалъул кириги гIемерго щвелищ. Гьелъул гIаксалда, квенги дагь гьабун, черхалъул хIалбихьи гьабизе рекъараб гьечIищ? 

Рамазан моцI бачIинегIан нилъ рукIуна берталъ ругел кинниги, квана-гьекъон кепалда. Гьеб хирияб заманалдагIаги кинабниги пикру гIибадаталде буссинабун, черх загIип гьабизе, гIамал цIикIкIинабизе хIаракт бахъизе рекъараб буго. ГьедингIаги гьабичIони дунялалъул берцинлъиялъ ахираталдаса тIубанго гъапул гьарун хутIулел руго.

Аллагьас кумек гьабеги черх лъадарун, Аллагьасе гьабулеб тIагIат цIикIкIинабизе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...