Аслияб гьумералде

Митингал – Исламалъул цIадирабазда

Митингал – Исламалъул цIадирабазда

Митингал – Исламалъул цIадирабазда

Замана чарлъидал, чи пасалъидал,

Чара хварав мискин халваталда чIа.

 

Инхоса ГIалихIажи

 

 

Жиндир заманалда Инхоса ГIалихIажияс къимат кьун букIараб мехалдаса ана нусгоялдасаги цIикIкIун сонал. Узухъда, замана жеги чарлъун, гIадамал жеги пасалъун рукIинарищха. Гьединги бицун, нилъго гIодореги риччазарун, ругьунлъун руго киналго. Гьедин тIаса бихьиладайха гьеб? Гьединаб заманалдаги гьабулеб жо малъулеб буго гьевго мубаракас:

 

Чороклъи цIикIкIиндал,

БацIцIалъи хведал,

МацIги ракIги хьихьун,

Вехьлъуда вукIа.

 

Инхоса ГIалихIажи

 

 

РакIги мацIги цIуни буго нилъее гьаб заманалда цIакъго захIмалъулеб жо. БатIалъи гьечIо, кинаб иш тIаде бачIаниги сабру тIагIун лъугьунел руго, гIемераб хабар-калам гьабулеб буго. Хасго хабар цIикIкIуна ток ссун, лъим къан ва гьелда релълъарал захIмалъаби дагьаб заманалъ тIаде рачIиндалги. Гьединго сабру тIагIуна ва гаргадула диниял церехъабаз цо кинаб бугониги хIукму гьабиялда тIасанги. РукIине бакI лъаларого, би букарараб гIадаб мисал букIуна. Гьеб кинабго хабар тIибитIизабизе гьабсагIат лъикIал ресалги руго, ай телефоназул кумек ва социалиял гьинал. Гьединаб хасияталъе Инхоса ГIалихIажияс кьолеб къиматалдеги балагье:

Цо иш тIаде щведал

Ургъизе хехлъун,

Оцолаб хIакъ гьабун,

ХIамил рачIчI ккола.

 

Гьел мухъазда бицараб мисал гIемер кколеб буго нилъеда гьоркьоб. Щибго ургъулел гьечIо гьаб хабаралъул бугищ пайда яги гьечIищин абун. КIал гьогьомизеян абухъего, гIемер гаргадулел руго.

Цоги, нилъеда бихьулеб буго, хасго бакътIерхьул улкабазда, митингазде рахъунеб гIадат. Цо кинабгIаги санагIат гьечIолъи ккани, къватIибе гIаламги бахъун гIуцIула рази гьечIолъи лъазабурал митингал. Гьезул доба хIасил кколищ яги кколарищили гуро бугеб суал. Суал буго нилъеца гIумру гьабун ругеб бакIалъул.

РачIаха балагьилин гьелда сверухъ шаргIалъул хIукмуялде. Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс «Ас-салам» казияталъул хIалтIухъабазулгун букIараб дандчIваялда абуна: «Цо-цо гIадамазе бокьул митингаздалъун суалал тIуразе. Митингазде рахъун суалал тIурайин абун кибго хъван гьечIо», - ян. Гьалеха исламалъул хIукму. КинабгIаги суал баккани, гьеб тIубаялъе руго рихьизарурал хасал нухал, гьел хIалтIизаризе ккола.

Нилъ гIумру гьабун ругеб улкаялъул къануназда рекъон митинг гьабизе ккани, гьеб бакIалъул нухмалъулезухъе рачIине ккола жидерго бугеб мурадгун ва гIарзагун. Гьелъул киналго рахъалги рорцун, нухмалъулез кьола ихтияр яги кьечIого тола. Гьезул разилъиялдалъун гьез бихьизабураб къоялъ гьабизеги ккола. Амма гьез изнуги кьечIого митингазде рахъани, гьеб ккола такъсир.

Гьелеха шаргIалдаги законалдаги бугеб митингалъул хIакъикъат. Нилъер гIадамазе гьуинлъун буго щиб кканиги нух къай, митингалде рахъингIадал ишал, ай жал цониги къануналъ къабул гьаруларел.

Митнгалде рахъараб бакI буго гIемерав чи данделъараб бакI. Гьениб бокьараб гIала-гъважа ккеялда хIинкъиги буго. Гьединал лъугьа-бахъиназул хIужаби нилъеда рихьизеги рихьана. Гьединго цогидал улкабазда лъугьа-бахъунебги нилъеда бихьулеб буго. Гьеб кинабго хIисабалдеги босун, нилъее лъикIаб буго щивав чи жиндирго гIамал-хасият лъикIлъизабиялда тIад хIалтIи. Гьеб мехалда БетIергьанас нилъер гIамалал рихьун кьола цогидабщинабги. Аллагьас кантIи кьеги киназего.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...