Аслияб гьумералде

КIвар бугеб тарих

КIвар бугеб тарих

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щун буго ражаб моцIалъул 27-абилеб сордо. Гьебги ккола халкъалъулго хирияв, Бичасул Авараг МигIражалде ахIараб сордо.

 

МухIаммад ﷺ аварагасул гIемерал мугIжизатазда гьоркьоб аслияб бакI ккола гьеб лъугьа-бахъиналъ. Гьеб сардидаса нахъе бусурбабазда тIалъана къол щуябго как бай. Гьеб къоялъул радал гIужалъ ЖабрагIил малаикас хирияв Аварагасда ﷺ малъана какие чурулеб къагIида ва щибаб какил гIуж.

Гьеб лъугьа-бахъинги ккана гьижра гьабилалде цебесеб соналъ. Гьеб хабар букIана гIадамазул хIалбихьилъун. Узухъда, гьелда божичIо мушрикунал. Гьез тIалаб гьабуна Аварагасдасан ﷺ Байтул мукъадасалъул сипат гьаби. Жиндир гIумруялда жаниб гьев жеги щунги вукIинчIо гьеб шагьаралде. Гьезие жаваб гьабун, мухIканго бицана Хирияс ﷺ шагьаралъул бакIазул хIакъалъулъ. Гьединго бицана гьениса Маккаялде бачIунеб гIир (караван) бугинги. Гьеб Маккаялде щолеб заманги. Кинабго Бичасул Аварагас ﷺ бицухъеги ккана. Мушрикиназул хутIичIо нагIадала ккун инкар гьаби гурони тIокIаб мугъчIвалеб хIужа.

Жеги гьеб лъугьа-бахъиналъ ратIа гьаруна жидер игIтикъад загIипго рукIарал бусурбабиги. Гьезул заманалда зодове воржунев чи вукIин цIакъго букIине рес гьечIебгIадаб жоги букIана.

Балагьеха, бусурбаби, сонал ана, гIасраби регана. Араб гIасруялъул 1961 соналда тIоцеве космосалде воржана инсан. Гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан гьенире роржунелги руго. Инсанасул кверщаликье ккана цохIо ракь гуребги - зобалги, хIатта моцIроде чи воржарал вакъигIаталги руго. Гьеб киналъго тасдикъ гьабула Бичасул Аварагасул ﷺ МигIраж хIакъаб букIин. Макьилъ инсанасул рухI бокьараб бакIалде щолеблъи лъиего якъинаб жо буго. Амма черхгун цадахъ иналда букIана гIадамазул щаклъи. Гьанже космосалъ гьелда тIадги щулияб мугьру чIвана.

Умумуздаса гIадатлъун батана МигIражалъул сордоялъ дандеги ракIарун, мажлисги гьабун, вагIзаби гьарун, мавлидал, хасго МигIражалъул туркаби цIалун гьеб сордо тIобитIулеблъун. Гьебго къагIидаялда гьанжеги гьарула данделъаби, гIуцула мажлисал. Гьелда жаниб гIемераб пайдагун баракатги буго. Гьеб сордоялъ ракIалде щвезарула МигIражалъул киналго лъугьа-бахъинал. Гьелда жанир руго гIумруялъе хIажатал гIемерал малъа-хъваялгун дарсал. Гьелъул хIакъалъулъ цогидал макъалабаздаги рехсей гьабуна казияталда.

Бусурбабазул байрамазда гьоркьоб бугеб цояблъун рикIкIине бегьула МигIражалъул сордоги. Нилъее бокьула кинаб бугониги байрам тIобитIизе. Гьеб гIиллаялъе гIоло нилъер диналда, хIатта нилъер улкаялъулцин гурел байрамал тIоритIизе хIаракат бахъулелги камуларо.

ХIакъикъаталдаги гьеб сордо буго бусурбабаз кIвар кьезе мустахIикъаблъун. Чанго хъизанги данделъун, гьабун лъикIаб квенгун, лъимал-хъизаналги данде ракIарун МигIражалъул асарал рицун, Аварагасул ﷺ гIумру баян гьабун гьеб сордо тIобитIиялда гIадат билълъинабуни цIакъго беццараб букIина, гьеб ккела дагIватлъунги. Нилъер лъималаз, гIемерисеб мехалда, гьабула умумуз гьабулеб батараб яшав. Нилъеца бихьизабураб мисал гьезие гIумруялъего нухлъун лъугьуна. Исламалда жанир ругел кIвар бугел рахъазде нилъеца пикру буссинабиялъ гьезул букIинесеб гIумруялъе лъикIаб асар гьабула.

Дагьаб цебе заманалда гьадин хъвалеб букIинчIо нижеца, щайгурелъул, нилъер диналъул щулалъиялъул даража гьелде бахун букIинчIо. Щибаб жоялъе букIунелъулха заманги бакIги, гьале щвана гьелдеги ирга.

Исламалъул тарихалда жаниб лъалкI тарал къоялгун моцIал нилъеца ракIалде щвезари, цIуни, гьелъие букIине кколеб хIакъ кьей киназдаго тIадаб налъи буго.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...