Аслияб гьумералде

ЧIужугIаданалъул гьунар

ЧIужугIаданалъул гьунар

Гьаб ракьалда Аллагьас рижарал лагъзал руго кIиго батIиял: бихьинал ва руччаби. Гьезул гIумру-яшавги цоцазда бухьинабуна. Гьездаса наслу лъугьинги, гIумру гIуцIиги цадахъаблъун гьабуна. Амма бихьиназул пикру букIуна жал руччабаздаса тIадегIанал ругин абураб. Гьедин пикру гьабилалде бихьинчияс халгьабизе ккола дунялалде жив вачIараб куцалъухъ.

 

Тарихалда гъваридаб лъалкI тарал руччаби дагьал гьечIо. Мисалалъе, Аварагасул ﷺ хъизан, бусурбабазул эбел ГIаишат. Гьелъ бицана 2210 хIадис. Гьединго, Зубайда.

«ГIайну Зубайда» (Зубайдал ицц) ккола Маккатул-Мукаррама шагьаралда бугеб культурияб ирсалъул объект.

Жакъаги ГӀарафа мегӀералъул рагӀалда рихьула цо заманалда «Зубайда каналалъул» бутӀабилъун рукӀарал хутӀелал. Гьелда лъуна Гьарун ар-Рашидил лъади Зубайда бинт ЖагӀфарил цӀар. ГӀараб мацӀалда гьелда абула «Нагьр Зубайда» (Зубайдал гIор) яги «ГIайн Зубайда» (Зубайдал ицц) абун.

Зубайда бинт ЖагIфар ибн Мансур йикӀана гӀаббасиязул щуабилев халип Гьарун ар-Рашидил лъади. Гьей йикӀана гӀорхъолъа ун бечедай, гьелдаго цадахъ диниябгун тIабигIат-гIамал берцинай гIадан. Абула гьелъул кӀалгӀаялъуб Къуръан цӀалулел руччабазул гьаркьал, найил зузуй гӀадин, букӀунаанин абун.

809 соналъ Зубайдаца хӀеж борхулеб букӀана. Гьеб соналъ Маккаялда ракъдаллъиги букӀун, гьелда бихьана бакӀалъулаб халкъалъе ва хӀажизабазе бугеб къварилъи.

Гьеб захIмалъи тIаса инабиялъул мурадалда, батӀи-батӀиял регионаздаса махщелчагIиги ахIун, байбихьана ХIунайн ва НугIман абурал кӀкӀалабахъа Маккаялде лъим бачине. Амма ракьалда тӀасан канал бахъизе рес букӀинчӀо, гьеб ганчӀил цIураб бакI букӀиналъ. Гьединлъидал, хӀукму гьабуна тоннельги бахъун, гьенисан бачине.

Ибн ХIаликъаница бицухъе, цо-цояз Зубайдада абулеб букIун буго гьеб цӀакъ хираго чӀезе бугинха абун. Гьедин абидал, гьелъ лъазабула щибаб кьабураб газаялъухъ цо динар кьезе кканиги хIалтIи гьабизе бугин абун.

Цо-цо баяназда рекъон, гьеб иш гьабиялъе харж гьабун буго гӀага-шагарго 1,7 млн. динар (доб заманалда цо динар бащалъулаан анцӀго грамм меседалда). Гьеб кколеб буго 17 тонна меседил.

Лъим бачиналъул техникияб рахъги букIана цӀакъ ургъун гьабураб. Рухъун рукIана гундби, гьениса лъим бачун букIана тоннелазде ва чвахулеб букӀана «Эбелаб» яги «Уммия» абун цIар тараб централияб хIавузалде.

ГанчӀил гьабураб канал гьабун букIана лъим тӀабигӀияб къагӀидаялъ жибго чвахххун бачIунеб хIалалда. Канал бацӀцӀадго букӀине щибаб 50 метралдасан ран рукӀана хIавузал, гьезда абулаан «хIараза» абун, ай цIунулел бакIалилан.

Балагьеха, бусурбаби, доб заманалдаги гIезегIан рукIана бечедал гIадамалги ханзабиги. Амма чIужугIаданалъул гурони таваккал гIечIо лъим бахъизе.

1200 соналъ чваххун буго гьелъ бачараб лъим. Гьелдаса пайдаги босулаан, аслияб куцалда, хIажизабаз.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...