Аслияб гьумералде

Аварагзаби щал кколел?

Аварагзаби щал кколел?

Авараг ккола ТIадегIанав Аллагьас жиндир рисалат гӀадамазухъе щвезабизе тӀаса вищарав чи. Аварагзабаз ва илчизабаз гӀадамал ахӀула цохӀо Аллагьасе гӀибадат гьабизе ва хӀакъикъияб нух кквезе. Аллагьас витIулев чи кIиго батIияб тайпаялъул вукIуна, ай Расул ва Наби.

 

Расулзаби ккола гӀакъилал, эркенал гӀадамал (лагъзал гурел), жидехъе диналъул ахIкамал вахIю гьабун рещтIарал, гIадамазухъе щвезабизе тIалъарал.

Гьезул цо-цоязе кьуна тIахьал, тIанчал, амма хирияб хъвай-хъвагӀай букӀине тIадаб гьечIо расуллъун вахъине ккани. Гьел гӀадамал Аллагьас рижарал къоялдасаго цӀунана гьезул къадру хвезабизе бегьулебщинаб жоялдаса: иман гьечӀолъиялдаса, мунагьалдаса, гӀодобегӀанлъиялдаса, ахӀмакълъиялдаса ва цогидалги хъубал жалаздаса. Аварагзаби гьарун лъугьунел чагIи рукIунаро, гьел гьедин рижула. Гьелъ лъиданиги кӀоларо живго квегъун аварагзабазул даражаялде вахине.

Расулазул хӀакъалъулъ рехсараб жо щвей гьабула аварагзабаздеги. Кинниги гьезда гьоркьоб дагьабго батIалъи буго: Авараг цеве вукӀарав расуласул къануназда нахъвилълъине ккола, гьесухъе цӀияб шаригӀат кьоларо.

Киналго аварагзаби ритӀухъал ва мунагь гьечӀел руго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго хӀикматалдалъун авараглъи мустахӀикъал гӀадамазе гурони кьоларо. Гьединлъидал аварагзаби гьерсихъабилъун яги мунагьал гьабулеллъун рукIунаро. Гьединаб игIтикъад нилъер букIине ккола киналниги аварагзабаздехун. Цо чияс цо авараг гьересилъун гьавуни, гьев ккола киналго аварагзаби гьересияллъун гьарурав чи. Щайин абуни, киналниги аварагзабаз халкъ ахIулеб букIана Аллагь ﷻ цо гьавиялде, къанунал, ахIкамал батIи-батIиял ругониги.

Аварагзабаз мунагьалцин щиб гурин, карагьатаб жоцин гьабуларо. Амма цо-цо мехалъ гьез карагьатаб жо гьабула гьеб иш хIарамаб гьечIолъиялъе бихьизабизе. Масала, нилъер Аварагас ﷺ цо нухалъ вахъунчIун лъим гьекъана бегьулеб иш букIин бихьизабизелъун. Амма гьезие гьеб иш карагьатаблъун кколаро, щайин абуни, гьез бихьизабизе кколеб букIиналъ. Нилъее гьеб карагьатаблъун лъугьуна.

Имам Абу ГӀабдуллагь МухӀаммад ибну Юсуф ас-Санусияс жиндирго «Матну Уммул-Барагьиин» абураб тӀехьалда хъван буго: «Аварагзабаз мунагьал гьаруларо авараглъи байбихьилалде цебе ва хадуб, гьел гьелдаса цӀунун руго. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда амру гьабуна (магӀна): «Гьезда нахърилълъа, нуж битӀараб нухде ккела», - ян. («Ал-АгIраф» сурат, 158 аят).

Гьаб ккола аварагасул камилаб тIабигIат букӀин баян гьабулеб ва жив кинабниги жоялъе мисаллъун вукIин бихьизабулеб аят. Аварагзабазул иман щулияб буго, гьел лахIзаталъцин щаклъуларо кинаб балагь жидеде тIаде бачIаниги. Гьеб буго гIалимзаби тIадрекъараб ижмагI.

Цониги хабар гьечIо аварагзабаз хъанчазе лагълъи гьабулеб букIиналъул бицараб. Гьелъги якъинго баян гьабула Аллагьасе ﷻ гурони гьез гIибадат гьабичIолъи. Гуребани, тушбабаз ва капурзабаз гьезде гIайиб чIвазе цониги жо гьоркьоб биччалароан (гьез хъанчазе лагълъи гьабун букIарабани).

 

АрслангIали ГIумаров

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...