Аслияб гьумералде

Аварагзабазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь

Аварагзабазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь

Аварагзабазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул отделалъ ва Дагъистаналъул Гуманитарияб институталъ хIадур гьабун буго «Аварагзабазул тарих» абураб тIехь. ТIехьалда мухIканго бицунеб буго БетIергьанас Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзабазул тарихалъул хIакъалъулъ, ай Адамидаса бахъараб МухIаммадиде ﷺ щвезегIан. ТIехь хъван буго лъималазда бичIчIулеб мацIалда.

Имам Бухарил хIаракатчилъи

Машгьурав гIалим имам Бухарил гIумруялъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь къватIибе бачIана гьал къоязда. ДРялъул муфтияталъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул отделалда бицухъе, тIехь буго чIахIиязеги гIиссиназеги пайдаяб, щивав чияс чара гьечIого цIализе рекъараб.

ГIолилазе гIураб дарс щвана

МахIачхъалаялда, Гуманитариябгун педагогикияб колледжалъул конференцзалалда, тIобитIана Хьаргаби районалъул гIолилазулгун диниял ва жамгIиял хIаркатчагIазул дандчIвай. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, районалъул имамзабазул советалъул председатель Тажудин ГIабдулаевас ва гIемерал цогидазги. Гьеб тадбир тIобитIиялъе аслияб гIилла букIана гIолилал сахаб гIумру гьабизе ккеялде ахIи, квешал, исламияб диналде данде кколарел ишаздаса гьел гьукъи.

Беццазе - «Имам Шамиль»

Брайлил шрифталда хъвараб МухIаммад ХIамзаевасул «Имам Шамиль» абураб тIехь къватIибе биччана гьал къоязда. Гьелдаса пайда босизе бегьула беццаз ва къанлъукъал гIадамаз.

«Бусурбанаб диналъул кьучIал»

«Основы мусульманской религии» абураб цIаралда гъоркь къватIибе биччараб тIехьалдаса пайда босизе бегьула гIиссинал лъималазги гIолилазги. ТIехьалда мухIканго бицунеб буго исламияб диналъул, БетIергьанасе хIелизе кколеб къагIидаялъул ва гьединго щивав чиясда лъазе кколебщиналъул хIакъалъулъ.

Кин тIобитIараб «Ас-саламалъ» 2021 сон?

Араб сон нахъа тараб куцалъул бицун, МахIачхъалаялда, «Ас-салам» газеталъ тIобитIана хIисаб гьабиялъулаб тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна газеталъул хIалтIухъабаз, власталъул вакилзабаз ва жамгIиялгун диниял хIаракатчагIаз. Гьениб бицана газеталъул хIалтIул хIакъалъулъ, дандрана цIияб соналъ гьаризе ругел ишал. Газеталъул лъикIал хIалтIухъабазе кьуна Баркалаялъул кагътал ва шапакъатал. Гьединго гьезда гьоркьоб можоро бахъана гIумраялъ ине ихтияр кьолеб кIиго путевка щвеялъе. ГьабасагIаталда «Ас-салам» къватIибе биччала 13 батIияб мацIалда. Гьездаго гьоркьоб – ингилис, турк, азербайжан, татар ва башкир мацIаздаги. Газеталъул гIаммаб тираж буго гIага-шагарго 250 азарго.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...