Аслияб гьумералде

Аварагасул ирс

Аварагасул  ирс

Мажгитги исламалъул церехъабиги камураб шагьар, росу Дагъистаналда батиларо. Гьединлъидал бокьарав чиясул рес буго мажгиталде имамасухъе яги гьенив вугев мугIалимасухъе ун Аварагасул ирсалъул цо бутIаниги лъазабизе.

Авараг ахираталде накълолъун хадуб, Алллагь разилъаяв Абугьурайратида халлъанила гIадамал цIакъго машгъуллъун рукIин даран-базаралде, жидеца гIелмуялъул мажлисалги тун. Гьединаб ахIвалхIал бихьидал, Абугьурайрат цIакъ пашманлъанила. Цо пуланаб къоялъ гьев унев вукIанила базаралда аскIосан ва ахIанила: «Ле, базаралъул агьлу! Аварагасул ирс бикьулеб буго ва нуж гьанир базаралда чIун руго. Щай нуж унарел нужеего щолеб Аварагасул r ирсалъул бутIа босизе?» - ян. ГIажаиблъиги гьабун, гьез Абугьурайратида цIеханила: «Кинаб бакIалда Аварагасул ирс бикьулеб бугеб?» - илан. Гьес жаваб гьабунила нужедаса рикIкIад гьечIеб мажгиталда бугин.

ГIадамал гIедегIун рортанила мажгиталде. Абугьурайратги чIанила гьел нахъруссун рачIинегIан, гьезухъ балагьун базаралда. Заманго гьоркьоб иналде гIадамал тIадруссун рачIанила ва гьез абунила: «Ле, Абугьурайрат, ниж мажгиталде щвана, амма нижеда щибго бикьулеб жо бихьичIо», - ян. Цинги Абугьурайратица гьезда цIеханила: «Нужеда щивго ватанищ мажгиталда?» - абун. Гьез абунила цоял какал ралел, цогидал Къуръан цIалулел ва лъабабилел гIелму малъулел ратанин абун. Цинги Абугьурайратица абунила: «Гьеб нужеда бихьараб жо ккола Аварагасул ирс», - илан. Хириял бусурбаби, халгьабе, чан чиясе рес бугеб мажгиталдаса Аварагасул ирс щвезе ва чан чияс гьеб нигIмат гIадада хвезе толеб бугеб? Аллагьасул рукъилан цIар тараб мажгиталъул нигIматаздаса пайда босизе Аллагьас нилъее тавпикъ кьеги.

САГIИДОВ МУХIАММАДХIАБИБ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...