Аслияб гьумералде

Чорхое рахIатги парахалъиги бачIинабулеб

Чорхое рахIатги парахалъиги бачIинабулеб

Чорхое рахIатги парахалъиги бачIинабулеб

ТIоцебе хIамамалъуве арав чи ккола Сулайман авараг. ЧIунтараб, хIалтIизабураб мина-рукъ хIамамалъе лъикIаб букIуна цIияб баралдаса.

 

ЧIунтараблъун рикIкIуна бан хадуб анкьго сон араб рукъ. ХIамамалъул ва бассейналъул къадазда берцинаб тIабигIаталъул суратал рахъизеги лъикIаб буго, масала, рохьил, тIугьдузул, мугIрузул ва гьелда релълъараб. Гьединал суратаз чорхое рахIатги парахалъиги бачIинабула.

Имам Гъазалияс хъван буго: «Шамалда рукIарал хIамамазде ун хадуб Аварагасул ﷺ асхIабзаби Абу Дардаица ва Аюб Ал-Ансарияс абуна: «Гьаб бакIалъул лъикIлъиго щиб: черхги бацIцIад гьабула, жужахIги ракIалде щвезабула», - ян. Цо-цо асхIабзабаз абуна: «Квешаб бакI буго хIамам. Гьениб инсанасул гIавратги загьирлъула, ничги тIагIуна», - абун.

Ибну ГIабасидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «ХIамамин цIар бугеб рукъалдаса нуж цIуне», - ян. АсхIабзабаз гьикъана: «Я Бичасул Расул ﷺ, хIамамалъ унтарасе кумек гьабула, чороклъи тIаса инабула», -ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Гьедин батани, гьенив унес гIаврат бахче», - ян. (Абу НугIайм)

Гьединлъидал хIамамалъуре унаго гIаврат бахчиялде кIвар кьезеги цогидазул гIавраталъухъ балагьиялдаса цIунизеги ккола. Гьединал хIарамал жалаздасаги цIунун хIамамалъуре ин пайда цIикIкIараб жо буго.

ЧIобогояб кванирукъгун хIамамалъуве ине лъикIаб гьечIо. Гьелъ ботIрол унтиги загIиплъиги тIаде бачIинабизе рес буго. ЦIураб кванирукъгунги ине лъикIаб гьечIо. Гьелъ гIемерал унтаби тIаде рачIинарула, масала, ракI хисарди, чехь пунцIой, хIенсей гIадал.

ХIамамалъуве лъугьиналде лъикIаб буго цин хинаб бакIалда гIодовги чIун, къаркъала хIадур гьабизе. Чорхол цIа-кан хехго хисардиялъ зарал гьабизе рес буго. Чорхол цIа-кан рукIалида бугесе хIамамалъуса къватIиве вачIиндал цIорораб лъим тIаде тIезе бегьула. Кьваризабураб чаран лъеца лъадарулеб гIадин, цIорораб лъеца черхги лъадарула.

ХIамамалдаса хадуб цIорораб лъим гьекъезеги лъикIаб гьечIо. Гьениб жаниб берцинал махIал гьаризеги беццула, масала, къаранпилалъул (гвоздика), къистIалъул, ладаналъул.

Парилкаялъуса рачIиндал дагьабго жо кваназе лъикIаб буго. Имам ШафигIияс абуна: «Парилкаялъусаги вачIун кваначIого чIаго хутIарасда дица гIажаиблъи гьабула», - ян.

Риидал парилкаялъуса къватIиве лъугьиндал цIорораб лъеца квералгун хIатIал чуризе лъикIаб буго, хасго гIолохъабазе. Аварагас ﷺ абуна: «ХIамамалдаса хадуб цIорораб лъеца хIатIал чуриялъ ботIрол унтиялдаса цIунула», - ян. (Абу НугIайм)

Абула, парилкаялдаса хадуб кьижи дарабаздасаги пайдаяб бугин. Гьединлъидал лъикIаб буго кьижилалде цебе, къасимехалда, хIамамалдеги ун, гьелдаса хадуб кьижизе. Гьединго хIал щвезабизеги лъикIаб гьечIо гьелдаса хадуб.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...