Аслияб гьумералде

Кинаб хоно пайдаяб

Кинаб хоно пайдаяб

Нилъеца кванилъ гIемер хIалтIизабула гIанкIудал хоно. Гьелъул буго бухIарабгун цIорой бугеб тIабигIат.

«ХIаяту хIайванил кубра» абураб тIехьалда буго инсанасе бищунго лъикIаб хоно кколила гIанкIудалгун мокъокъил. Гьелъул цIикIкIараб пайдаги букIунила тIубанго къвакIизегIан гуреб, гьоркьохъеб хIалалда белъун бугони, ай бетараб хоно. КъвакIизегIан белъараб хоноялъ чехь гьорозабула, цIа-кан бахинабула. Гьединго гьелъул хъахIхоноялъ пунцIероялда гамачI лъугьинабизе рес буго.

Бетараб хоно пайдаяб буго щокърол унтиялъе, хIалценалъе. Гьединго гьелъ гьаракьги бачIинабула, гьуърузе, ургьисалабазе ва понцIороялъе пайдаяб буго. Ибн Синаца багIархоно рикIкIунаан ракIалъе ругел дарабазда гъорлъ. Гьединго багIархоно гIакдал нахгун ва чакаргун хIалтIизабуни, гIадалнахалъеги пайдаяб буго. Бичасул аварагасухъе ﷺ цо чи вачIанила жиндие лъимал лъугьунел гьечIинги абун. Хоно кванайинги абун витIанила аварагас ﷺ гьев. Жеги тIадвуссун вачIунги цIеханила, я Бичасул авараг ﷺ , сундул хоно хIалтIизабилебин абун. ЦIунцIрадал батаниги гьабеян абунила аварагас ﷺ.

Бищунго лъикIаблъун рикIкIуна тIубан къвакIизегIан белъинчIеб бетараб хоно. Бищунго пайдаяб кколин хъвалеб буго гьалулеб лъелъ 100-ялде рикIкIинегIанги тун, нахъе босараб хоно. Гьеб ккола гIага-шагарго 2-3 минут. Къаси мехалъ лъикIаб гьечIо къвакIизегIан тараб белъараб хоно квине. Имам ШафигIияс абун буго, къаси мехалда лъикIго белъараб хоно кварав чи сахлъи бугевлъун хутIичIин абун. ТIубанго къвакIизегIан белъинчIеб ханилъ руго гIемерал витаминал, хасго витамин В2. Гьеб гьечIого рес букIунаро белкабазул, углеводазул къуват къаркъалаялъе щвеялъе ва гьеб цIилъиялъе.

Бетараб ханилъ бугеб «холин» ккола нервабазул импульсал хIалтIизарулеб гьоркьохъанлъун. Гьединго гьелда жаниб буго аминокислотабиги. Гьезда гьоркьоб бугеб «тирозин» ккола инсанасул ДНК заралаздаса цIуниялъе хIалтIулеб жо. Гьединго гьелъулъ руго гIемерал минералалги. Гьезда гьоркьоб бугеб «селеналъ» кумек гьабула ургьимесалда лъикIал гурел жал рижичIого гьукъиялъе ва тIул цIуниялъе. Бетараб ханилъ букIунеб белокалъ квербакъи гьабула ччорбал цIигьариялъе.

ХАЛИД САЙФУЛАЕВ, ГЪИЗИЛЮРТ ШАГЬАР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...