Аслияб гьумералде

Муъминзабазул сипатал

Муъминзабазул сипатал

Муъминзабазул сипатал

«Муъминзабазул иманалъул рахъалъ камилал, тIабигIаталъул рахъалъ лъикIал руго».

 

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» хъвалеб буго: «Дуда лъай, кинавниги чи вуго, жиндир напсалъул гIайибал лъаларевлъун. Напсалдехун къеркьей гьабун гIасилъаби тедал, цо-цо нухалъ ракIалде ккола напсги чIаранин, тIабигIатги лъикIлъанин ва гьелдехун къеркьеялдаса гIейги гьабилин абун. ХIакъикъаталдаги лъикIаб тIабигIат буго иман, квешаб тIабигIат буго нифакъ».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда муъминзабазеги мунапикъзабазеги къокъаб къагIидаялда сипат гьабуна гьеб тIабигIат лъикIлъи ва квешлъи бугин абун. Гьездасан дагьабго жо рехсезе бокьун буго, лъикIал тIабигIатазул гIаламатал лъазе рукIине.

«Аль-Муъминун» сураялъул байбихьуда ругел аятазда Аллагьас ﷻ муъминзабазе сипат гьабун абулеб буго: «Жидер киналго анищазда ва хьулазда кверщел батана муъминзабазул». Дунялалдаги ахираталдаги жал бахьи бугеллъунги руго гьел. Щал гьелин абуни: «Как балеб мехалъ жал цIакъ хIинкъун, хIелун, Аллагьасул къадру, кIодолъи ва жидер загIиплъи лъан рукIунел. Жидеца кинабниги гIададисеб, батIулаб, гьересияб калам ва гьеб гьабулеб мажлисги рикIкIад толел. Жидеца боцIи-малалда, гIарац-меседалда тIалъараб паризаяб закагIатги кьолел. Жидерго гIавраталги хIарамаб жоялдаса цIунулел. Жидеца тIадкъараб аманат тIубалел ва гьабураб къотIи цIунулел. Жидеца паризаял какал гIужда раялда ва хIукъукъал тIуразариялда тIадчIей гьабулел. Гьал сипатал жидее ругел муъминзаби руго, жидеца алжан ирсалъе босизе мустахIикъал гIадамал».

«Тавбат» сураялъул 112-абилеб аяталда буго: «Гьединго алжаналъул агьлуялдасан руго мунагь-хатIаъ ккараб мехалъ жидеца тавбу гьабулел, Аллагьасе гIибадат гьабиялъулъ ихлас бугел, цохIо Аллагьасе гурони гIибадат гьабуларел гIадамал. Жидеца Аллагьасул нигIматазда данде гIемер рецц ва шукру гьабулел, жал ракьалда тIад Аллагьасул дин тIадегIан гьабун, гъазават гьабун хьвадулел. Как балаго рукугI, сужда камил гьабун Аллагьасдаса хIинкъиялда балел. ЛъикIалдалъун амру ва квешаб гьабиялдаса нахъги чIвалел. ШаргIиял хIукмаби хвезаричIого, диналъул гIурхъаби цIунулел. ХIалал-хIарам батIа гьабулел гIадамал. Гьединал муъминзабазда дуца рохел бице, МухIаммад ». Ахираталда жидее ругел гIурхъи гьечIел нигIматаздалъун.

«Фуркъан» сураялъулъги руго 63-абилеб аяталда муъминзабазул хIакъалъулъ гьадинал рагIаби рехсон: «Аллагьасул лагъзалин абизе рекъарал гIадамал руго жал ракьалда хьвадулелъул бигьаго, Аллагьасе хIелун рилълъунел. Жидедехун жагьилал, ахIмакъал гIадамаз хъачIаб рагIи бициндал, «Саламин» абун толел» (квешаб рагIи абуларел).

Жиндир жанисеб рахъалъулъ щаклъи бугев чияс напс баккизабизе бегьила гьал аятазде. Гьал сипатал жиндилъ рати буго лъикIаб тIабигIат букIиналъе гIаламат, ратунгутIи - квешал тIабигIатал рукIиналъе гIаламат. Цоял ратун, цогидал ратунгутIиялъ тIоритIел гьабула гьесул хIал кIиялдаго гьоркьоб букIиналде. Гьединлъидал гьес тIадчIей гьабейин абе жиндилъ ругел цIуниялдаги, гьечIел хIасуллъизариялдаги.

Аварагас ﷺ муъминзабазе гIемерал батIи-батIиял сипатаздалъун сипатал гьаруна ва гьел киназдего ишараги гьабуна тIабигIат лъикIлъи бугин абун. Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Муъминчи вуго жиндир напсалъе бокьулеб жо диналъул вацасеги бокьулевлъун», - ян.

Аллагьас ﷻ щивасе тавпикъ кьеги хIакъикъиял муъминзабазул нух ккураллъун рукIине. Амин.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...