Аслияб гьумералде

Зарядка гьабиялъул пайда

Зарядка гьабиялъул пайда

Зарядка гьабиялъул пайда

Лъиего балъгояб жо гуро, техника цебетIураб гьаб заманалда гIадамазул рагъа-рачари дагьлъун букIин. Гьелъул хIасилалда гIадамал кьаралъулел ва гьелдаго цадахъ гIемерлъулел руго унтабиги.

Гьединлъидал тохтурзабаз нилъеда малъулеб буго сордо-къоялда жаниб кинаб бугониги зарядка гьабизе лъикIаб букIинин абун. ГIалимзабаз, гIелмиял цIех-рехазул хIасилалда, чIезабуна зарядкаялъул чанго пайдаял рахъал. Масала, радал рахъиндал зарядка гьабиялъ кьола гьадинал пайдаби:

1. Пашманлъи, вечIай инабула, чIаголъи бачIинабула.

2. Нервабазул клеткаби цIиял рижиялъе кумек букIуна.

3. Черх щула гьабула, унтабазде дандечIей цIикIкIинабула. РекIел ччорбал щулалъула, бидурихьал ва гьуърузул хIалтIи лъикIлъула. Чакрил унти ккеялъе ругел сабабал дагьлъула.

4. Турникалда цIаялъ рищалаби хIалтIизарула. Артроз ва артрит гIадал унтабазе бигьалъи щола.

5. Гьоркьоса къотIичIого гьабулеб зарядкаялъ кьаралъи рекIин гьукъула. ХIалакълъизе кумек гьабула.

6. Зарядка гьабулаго къаркъалаялъ кьола гормонал ва гьелъул хIасилалда метаболизм цIилъула.

7. Чорхол тIом лъикIлъула, цIвакула, сукIалаби уна.

8.Къаркъала херлъи нахълъула, клеткаби цIилъула.

9. Рак унти баккиялда бугеб хIинкъи дагь гьабула.

10. Бидул тIадецуй рукIалиде бачIиналъе кумек букIуна.

11. Ракьа къвакIиялъе кумек букIуна.

12. Чехь-бакьазул хIалтIи лъикIлъизабула.

13. ГIадалнахуде кислород бачIин цIикIкIинабула, гьелъул хIасилалда пагьму цIикIкIуна.

14. Мугъзал чIоло битIизабиялъе сабаб ккола.

15. Къаркъала лъадарула, гьелъул хIасилалда унтабазде данде чIола.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...