Аслияб гьумералде

Алжаналъул нигiматал

Алжаналъул нигiматал

Т1адег1анав Аллагьас рехсон руго алжаналъул ниг1матал, гьебги нилъеда бич1ч1изе бук1ине. Амма х1акъикъат доре щун гурони лъазе гьеч1о.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Алжан ккола Аллагьас иман лъурал бусурманал г1адамазеги, жиназеги, малаикзабазеги къач1араб ниг1матазул рукъ. Алжаналде лъугьарал г1адамал кидаго гьенир рук1инеги руго.

Алжанги ккола киданиги паналъулареб даимаб рукъ. Алжаналда руго беразда рихьич1ел, г1ундузда раг1ич1ел, инсанасул рак1алде ккеч1ел ниг1матал. Гьенире муъминзаби ккола Аллагьасул г1иц1аб фазлуялдалъун. Алжаналда жаниб нилъедасан бач1унебщинаб чороклъиги бук1унаро.

Гьениб рак1 х1алхьунеб, бер г1орц1улеб, напсалъе анищан ккарабщинаб жо бук1уна. Гьениб рохел бук1уна пашманлъи гъорлъ гьеч1еб, рах1ат - свак-зах1мат гъорлъ гьеч1еб, бечелъи - хвел гъорлъ гьеч1еб, берцинлъи -коцокълъи гъорлъ гьеч1еб, г1олохъанлъи - херлъи гъорлъ гьеч1еб, г1елму -жагьиллъи гъорлъ гьеч1еб, ч1аголъи - мискинлъи гъорлъ гьеч1еб. Алжаналъул руго бат1и-бат1иял ц1аралги: Жаннатул маъва, Жаннатул хулди, Жаннату г1адн, Дару ссалам, Дару жаннат, Дару ннаг1им. Алжаналъул бищун т1адег1анаб, бищун бакьулъ бугеб бак1 Фирдавус ккола.

Алжаналдаги г1адамал жиде-жидер г1амалазухъ, иг1тикъадазухъ балагьун бат1и-бат1иял даражабазда рук1уна. Алжаналъул г1адамалги цо кьералъул, 33 сонил ригьалъул, 70 нат1ил чурхдузул борхалъи бугел рук1уна. Алжаналъул берцинлъиги гьуинлъиги бихьун гурого бицун лъалеб жо гуро. Масала, алжаналда бугеб ц1олбол цо мугьалъул гьуинлъи дунялалда бижарабщинаб ц1олбол гьуинлъиялдаса ц1ик1к1уна.

Бухари ва Муслимица бицараб х1адисалда буго, алжаналъул руччабаздаса цо ч1ужуг1адан ракьалда загьирлъани, дунялго гвангъизабулин ва гьуинаб мах1алъ ц1езабулин, гьелъул бет1ералда къалеб к1аз лъик1аб бугин дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги абун. Дунялалда лъик1 хьвадарал руччаби х1урулг1инзабаздасаги лъик1ал рук1уна.

Бищун г1одовег1анав алжаналъул чиясе кьолеб жо дунялалъул бищун к1удияв ханасе кьолебг1адаб ккола, цинги т1адеги гьелда релълъараб щуго нухалъ ц1ик1к1инабула. Цинги гьес абула, я дир Бет1ергьан, дун рази вугин. Гьеб мехалда Т1адег1анав Аллагьас абула, т1адеги дуе цебе кьурабщинаб жо анц1го нухалъ ц1ик1к1инабунин, дуе гьениб бер г1орц1араб, рак1 х1алхьараб напсалъул анищан ккарабщинаб бугилан.

(Имам Муслимица бицараб х1адисалъул баян).

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...