Аслияб гьумералде

Заралияб хiутi-хъумур

Заралияб хiутi-хъумур

Заралияб хiутi-хъумур

Риидалил заманалда гIемерлъула хIутI-хъумур. Цоязул зарал букIуна, цогидазул букIунаро. Кин бугониги, гьезул цо-цоял чIванги ккола. Гьединлъидал пикру ккана гьел чIвазе бегьибегьунгутIиялъул хIукмуялъул къокъабго баян гьабизе.

Аллагь вуго ракьалда бугебщинаб жинца инсанасе пайдаялъе ва нигIматлъун бижизабурав, чиясги гьеб шаригIаталъ бихьизабураб нухалдалъун хIалтIизабизе. Аллагьасул махлукъатлъунги бугеб хIутI-хъумур, жидер рижиялъул аслуго заралияллъун ругел чIвазе бегьула, гьеб лахIзаталда жидедаса зарал батичIониги.

Гьединазда гьоркьор руго аварагас хIадисалъулъ жал рехсарал: «Щуго хIайван буго жидеца зарал гьабулел, гьел чIвазе бегьула хIарамалъул ракьалда ругониги: гъеду, сокол (коршун), гIакъра, гIункIкI ва тIаде кIанцIулеб гьой», - ян (Муслим).

ГIалимзабаз бегьизабун буго хIадисалда рехсаразда релълъинарун гьелго гIадал цо-цоялги, мисалалъе, гьоялда релълъинабун буго бацI. Щибго я зарал гуреб я пайда гурел гIалхуда ругел чIвазе гьукъараб буго. Жидер рижиналъул аслуго заралиял гурел хIутI-хъумур, хIайванал чIвазе бегьуларо, жидедаса зарал яги тIаде кIанцIун пасалъи гьабиялда хIинкъи гьечIебгIан мехалъ.

Ибну ГIабасидасан бицун буго: «Ункъо жо чIвазе аварагас нахъчIвана: цIунцIра, най, гьудгьуд ва сорокопута (гьеб буго бетIерги кIудияб, чохьокь бакIги хъахIаб, мугъги гIурччинаб хIинчI)», - абун (АхIмад).

Байгьакъияс бицараб риваяталда гьеб ункъалдего тIаде къверкъги рехсолеб буго. Гьездасаги чиясе зарал бугони, ихтияр кьун буго чIвазе. Амма тIоцебе гьес хIалбихьизе ккола чIван гуреб, цоги батIияб къагIидаялдалъун гьел тIагIинаризе, нахъе хъамизе. Гьедин гьабиялдалъун хIасил кколеб гьечIони гурони бегьуларо чIвазе. ЧIвалелъулги гьукъараб буго цIаялъ рухIун хвезаризе. Щайин абуни, аварагас абулеб буго цIаялдалъун гIазаб гьабизе Аллагьасе гурони цоги лъиего ихтияр гьечIин (Абу-Давуд).

Гьединлъидал, хIутI-хъумур тIагIинабулелъул, тIоцебесеб иргаялда, хIалтIизабизе ккола гьел жалго нахъе унеб къагIида. Гьиси-бикъинаб гурони зарал батичIони, рекъараб букIина тIагIинариялъул нух хIалтIизабичIого тезеги. Аварагас абунин Абугьурайратидасан бицун буго:

«Цо нухалъ пуланав аварагасда хIанчIун буго цIунцIраялъ ва гьесул буюрухъалдалъун цIунцIрабазул бусенго бухIун буго. Цинги Аллагьасул вахIю щун буго гьесухъе: «Дуда хIанчIараб цо цIунцIраялъе гIоло, БетIергьан рехсолеб букIараб тIубараб умматгойищ дуца хвезабураб?» - абун (Муслим).

Аллагьас цIунаги!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...