Аслияб гьумералде

Изну тIалаб гьаби

Изну тIалаб гьаби

ТIадегIанав Аллагьас МухIаммадияб умматалде амру гьабун малъулеб буго изнуги тIалаб гьабун, саламги кьун гурони чияр рукъзабахъе лъугьунгеян. Сурату «Ан-Нуралъул» 27-абилеб аяталда буго (магIна): «Ва, гьал иман лъурал гIадамал, нуж чияр рукъзабахъе лъугьунаго, гьеб рукъалъул агьлуялъухъа изнуги тIалаб гьабун, гьезие саламги кьун гурони лъугьунге. Нужее изнуги тIалаб гьабун, саламги кьун лъугьин лъикIаб буго, изнуги тIалаб гьабичIого тохлъукьего лъугьиналдаса», - ян.

Канад бину ХIанбал абурав асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ дун аварагасухъе ана саламги кьечIого, изнуги тIалаб гьабичIого. Аварагас дида абуна: «Мун тIадвусса ва дуцаги абе: «Ассаламу гIалайкум, дун вачIине изну бугищ?» - абун.

Цониги чиясе бегьуларо, чияр рокъове изну гьечIого валагьизецин. Гьеб гIамал гьабурав чи вукIуна къабихIаб, нахъегIанаб, адаб тараб пиша гьабуравлъун. Гьедин гьабиялдалъун мунагьалдеги ккола.

Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги лъил бугониги рокъове валагьун, гьезул изнуги гьечIого, гьезие хIалалаб буго гьесул бер бахъизе», - ян.

Нисаиясдасан бицараб цойги риваяталда буго:

«Дур изнуги гьечIого, нуцIа рагьун яги къирун букIаго цо чи дуде тIаде ваккани, дуца дов нахъе инелъун нуцIа къан яги гьесда гьитIинаб гамачI речIчIун, гьелъ гьев чиясул бер бахъани, дуда тIад хIакъ гьечIо», - ян.

Балагьеха, хириял муъминзаби, чияхъе унелъул изну тIалаб гьабиялъул бугеб кIваралъул. Халипалъун вугеб заманалда ГIумар-асхIабасул гIадат букIана гIадамазул ахIвал-хIал лъазелъун Мадинаялъул къватIахъ хьвадулеб. Цо сордоялъ ибну МасгIудгун цадахъ сверулаго, ГIумар-асхIаб кавуялъул кьватIараб бакIалдасан пуланаб рокъове валагьана. Гьениб рагьтIа гьесда вихьана цебе гьекъолеб жоги лъун гъараващгун цадахъ гIодов чIарав херав чи. Ццим бахъарал гьел жанире лъугьун руго. ГIумар-асахIабас херасда абун буго мун гIадав чи гьаб хIалалда вукIине бегьилищин.

Херас ГIумар-асхIабасда абула: «Дун Аллагьасде цо жоялдалъун гIасилъун ватани, мун лъабго жоялдалъун гIасилъана», - ян. «Щал жал гьел?» - абун ГIумар-асхIабас гьикъидал, херас абуна: «Дуца жасуслъи (балъго хадуб халкквей) гьабуна, ТIадегIанав Аллагьасги абун букIаго:

«Нуж бусурбабазул гIайибгIузру балагьун хадур лъугьунге», - ян.

КIиабизе, мун диде тIаде вачIана изнуги тIалаб гьабичIого, «нуж чияр рукъзабахъе изнуги тIалаб гьабун, саламги кьун гурони лъугьунге», - ян аварагас хIадисалда абунги букIаго. Лъабабизе, мун тIасан вахун вачIана, «нуж рукъзабахъе нуцIихъан лъугьа», - ян Аллагьас абунги букIаго».

Гьеб мехалда жиндирго гIайиб ккей бичIчIарав ГIумар-асхIабас гьесда тIаса лъугьаян абуна. «Аллагь дудаги тIаса лъугьаги», - ян абуна херасги. Цинги ГIумарасхIаб гIодилаго къватIиве ана «ЖужахIалъул гIазаб ГIумарие, Аллагь тIаса лъугьинчIони», - ян абулаго.

КIалтIа чIун яги нуцIа бухун кида вачIаниги рукъалъул бетIергьан къватIиве вачIинегIан балагьун чIейги лъикIаб гьечIо. Щайин абуни, гьедин нуцIа бухиялъ хважаинасул ццин бахъине бегьула, гьеб адаб гьечIолъиги буго. Цоги, гьеб заманалда рокъосезда гьоркьоб букIине бегьула бихьизе яги рагIизе бокьулареб гIадаб ахIвалхIалги, хасго гIолохъанал хъизамазда.

ХIАЖИ ГIАЛИЕВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...