Аслияб гьумералде

Умматалде бугеб ахIи

Умматалде бугеб ахIи

Хирияб Къуръан буго вагIза-насихIат, баян, къиса, амру-нагью гьабун аварагасде r рещтIараб. Аварагасде ﷺ рещтIаниги, аслияб къагIидалда, гьеб буго уммат лъикIалде ахIун ва БетIергьан ﷻ разилъуледухъ хьвадизе умматалда малъун рещтIараб. Гьениб рехсаралда гIамал гьабун инсан хьвадулебгIан мехалъ, чи зарал-зияналде кколаро, гьелъул гIаксалда, разияв, гьабулеб иш данде билълъунев, къиматавлъун вукIуна.

«Маидат» сураялъул 20-абилеб аяталда абулеб буго (магIна): «Дуца умматалъе вагIзалъун букIине гьезда бице, МухIаммад ﷺ, Муса аварагас жиндирго къавмалда абурал рагIаби: «Я дир къавм! Нужеца ракIалде щвезаре нужее БетIергьанас ﷻ кьурал кӀудиял нигIматал ва гьезухъ шукруги гьабе...», - ян. Шукру буго жиб гьабунагIан ТIадегIанас ﷻ нигIмат цIикIкIинабулеб гIамал. Гьеб гIемер гьабулеллъун ратаги нилъ!

Гьебго сураялъул 87-абилеб аяталда абулеб буго (магIна): «Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Аллагьас ﷻ хӀалал гьарурал нигIматал нужеца хӀарам гьаруге! ХӀалалаб жо тун хӀарамалде ун Аллагьас ﷻ рихьизарурал гӀурхъалабиги хвезаруге! Гьединал гIадамал Аллагьасе ﷻ рокьуларо», - ян. ГьитIинабин кканиги мунагьги гьабун, Аллагьас ﷻ бихьизабураб гIурхъи бахиналдаса цIунаги!

Жеги абулеб буго Аллагьас ﷻ (магIна): «Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Нуж Аллагьас ﷻ амру гьабуралдаса хилиплъизе, Гьесде ﷻ гӀасилъизе хӀинкъа. Нужеца Гьесде ﷻ гӀагарлъулел рахъалгун сабабал тӀалабги гьаре. ЛъикIаб гIамал гьабун Гьев ﷻ рази гьавулеб гIамал тӀалаб гьабун хьваде... Гьедин нуж хьвадулел ругони, нужеда абадияб талихІ-рохелалда кверщел батила», - ян (суратул «Маидат, 36 аят).

«Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Нуж цIакъ тӀад чӀараллъун рукIа хIакъаб, ритIухъаб жоялда… Нужеца ритIухълъи гьабе! Гьеб буго Аллагьасдаса ﷻ хӀинкъулел рукӀин. Кинабго хӀалалъулъ нуж Гьесдаса ﷻ хӀинкъунги рукIа, Гьев ﷻ вуго нужеца гьабулеб Жинда лъалев» (суратул «Маидат, 8 аят).

«Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Нужеца гьарурал къотӀаби тIуразаре». (КъотӀи гьаби абула кӀиго чияс яги гӀемерал гӀадамаз жал цоцазда рекъарал шурутӀаздалъун цо щиб бугониги жо тӀаде босиялда) (суратул «Маидат», 1 аят). КъотӀи букIуна Аллагьасдаги ﷻ лагъзадеридаги гьоркьоб бугебги. Ибну ГӀабасица бицун буго Аллагьасулгун ﷻ ругел къотIаби ругин хирияб Къуръаналда жаниб бугеб кинабго шаригӀат: хӀалалаб жо хӀалал гьаби, хIарамаб жо хIарам гьаби, паризаял жал (как, кӀал, закат, хӀеж, жигьад, хварав чи вукъи ва цогидалги) тӀубазаби. Аллагьас ﷻ гьабейин абун амру гьабураб гьаби, теян абуралдаса рикIкIалъи.

«Ан-Нисаъ» сураялда абулеб буго (магIна): «Как бан тIубараб мехалъ нужеца Аллагь ﷻ гӀемер рехсе киналго хӀалазулъ: рахъун чӀун, гӀодор чӀун, хьибил чIван регун ругеб хӀалалдаги… Как буго муъминзабазда парз гьабураб... Как кидаго тезе бегьуларо, ахираталда бищун цебе киндай тӀубазабураб абун кIалгьикъи гьабулебги гьеб буго муъминчиясул», - ян («ан-Нисаъ», 103 аят).

«Нур» сураялда абулеб буго, муъминзабазде хитIаб гьабун, БетIергьанас ﷻ (магIна): «Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Нуж, чияр рокъоре лъугьунге, гьеб рукъалъул агьлуялдаса изну тӀалаб гьабун хадуб гурони. Гьез изну кьураб мехалъ гьезие саламги кьун лъугьа. Щибго изну гьаричӀого, тохлъукьего лъугьиналдаса, гьедин гьаби лъикIаб буго. Нужеца гьаб адаб цIуне ва Къуръаналъул вагIзаги къабул гьабе», - ян (суратул «ан-Нур» 27 аят).

Гьебго сураялъул 30-абилеб аяталда буго (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МухIаммад ﷺ, хӀарамаб бакIалде ралагьиялдаса нужеца берал цIунейин абун, хIарамаб хӀалтӀизабиялдаса жидер алатги (гIаврат) цIуне абун...». Гьаниб бер цIуни гӀаврат цӀуниялдасаги цебе рехсана. Гьелъие гIилла бугин рехсолеб буго тафсирчагIаз, бер балагьи зинаялде рачиналъул чапар букIиналъе гӀоло. Бер балагьиялдаса байбихьула кинабго хIарамабги, хадуб жиб сабаблъун тӀаде балагьал рачIуна.

«Дуца абе, МухIаммад! Я, дир БетIергьан, Дуца ﷻ дир мунагьал чуре, Мун дида гурхIа, жидеца гурхӀел-рахIму гьабулезул бищунго лъикIав вуго Мун», - ан (суратул «Муъминун» 118 аят

Аллагь ﷻ гурхIаги ва цIунаги хIарамаб жоялде балагьиялдаса ва гьелъукье ккеялдаса, хIакъаб нух ккун хьвадизе тапикъги кьеги щивасе! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...