Аслияб гьумералде

Шукру гьабулищ?

Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)

 

Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб нилъее щолебщинаб жо - сахлъи, хъизан, квен, лъим, хӀинкъигьечӀолъи, мал-мулк, эркенаб заман, хӀатта бищунго дунялалъулаб рахӀатщвей – гьеб ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ рахӀмат. Гьел нигӀматазул щибалъухъ нилъеца жаваб кьезе буго Къиямасеб къоялъ.

Жакъа нилъее бугебгIадаб рахӀат Аварагасул ﷺ асхӀабзабазда лъалароан. Гьезул рукъзал рукӀана гӀадатиял, квен букIана дагьаб, ретӀел - гӀадатияб. Гьедин букӀаниги, ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ гьезда лъазабун букӀана нигӀматазухъ жаваб кьезе кколеблъи.

Къуръаналъул тафсир гьабулез баян гьабуна нигIматалин абулин Аллагьас ﷻ лагъзадерие кьурабщинаб жоялда. Имам ибн Жузай ал-Калбица хъвалеб буго, гьаниб бицунеб бугин кванил, гьекъолеб жоялъул, сахлъиялъул, хӀинкъи гьечӀолъиялъул гуребги, инсанасе гӀумруялда жаниб щолел киналго лазатал нигӀматазулин абун.

Аллагьасул Авараг ﷺ цо нухалъ жиндирго асхӀабзабазда цадахъ чамасдакI кваналев ва цIорораб лъим гьекъолев вукӀуна. Хадуб гьес абула: «Гьаб нигIматалъухъги Къиямасеб къоялъ цIех-рех гьабизе буго», - илан.

БухӀараб къоялъ цIорараб лъим, чадил кесек, ботӀрода тӀад тӀох, парахатаб макьу, гӀагарлъиялъулгун рихьизе, рагӀизе, хьвадизе, бухьен гьабизе рес щвей - гьел киналго руго Аллагьас ﷻ кьурал кӀудиял сайгъатал, гьезие гӀоло муъминчияс шукру гьабизе ккола.

 Суал бачӀуна, цебе рехсараб аяталъул магӀна кколищин инсанасе щвараб щибаб нигIматалъухъ хӀисаб гьабизе бугищин абураб?

ХӀафиз Абу ГӀаббас КъуртIубияс хъван буго ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ инсанасда гьикъизе бугин Жиндирго нигIматазул хӀакъалъулъ, гӀурхъи гьечӀеб сахаватлъи ракӀалде щвезабулаго ва шукру гьабизе ракӀ гьесизабулаго. Гьеб буго цохӀо бадибчӀвай гьаби гуребги, Аллагьасул лагъзадерида бугеб гурхӀел-рахӀму загьирлъиги.

Имам ан-Нававияс кӀвар буссинабуна гьединаб суал кьеялъул мурад бугин инсанасда ТӀадегӀанав Аллагьасул ﷻ рикӀкӀен гьечӀел рахӀматал ракӀалде щвезари ва гьезие ракӀбацӀцӀадаб баркалаялдалъун жаваб кьей, кигӀан кӀвар бугеб жо бугебали бихьизаби.

Исламалда шукру гьаби «АлхӀамдулиллагь» абурал рагӀабаздалъун лъугIуларо. ХӀакъикъияб шукру загьирлъула ишаздалъун: нилъее кьурал ресаздаса гӀицӀго хIалалаб жоялъе пайда босиялдалъун, исрап гьабиялдаса рикӀкӀалъи, къварилъиялда ругезе кумек гьабиялдалъун, лъикӀал ишал гьариялдалъун, БетӀергьанасе мутӀигӀлъиялдалъун. Инсанасе нигӀмат цӀикӀкӀанагӀан Аллагьасда ﷻ цебе гьесул жавабчилъиги цӀикӀкӀуна.

Гьанжесеб гӀумруялъул чваххиялъ нилъеда кIоченабула сон анищалда букIараб щвеялъе шукру гьабизе. Нилъ ругьунлъула сахлъиялде, бечелъиялде, парахатаб гӀумруялде, хъизаналъул хинлъиялде, гьеб кинабго цо лахӀзаталъ тӀагӀине бегьулеблъи кӀочон тола. Гьединлъидал Къуръаналъ чанго нухалъ ракӀалде щвезабулеб буго нилъ Вижарав Аллагьасул ﷻ нигӀматазда тӀад ургъизе ккеялъул хӀажалъи.

Щибаб цӀияб къо ккола хӀалбихьи, Аллагьас халгьабулеб букӀиналъ, инсанас жидее кьурал нигӀматаздаса кин пайда босизе бугебали. Гьел лъикӀлъиялъе хӀалтӀизаризе ругищ яги ургъел гьечӀолъиялъул кьучӀлъунищ гьел лъугьине ругел? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго чӀезабула инсанасул унго-унгояб шукру.

ТӀадегӀанав Аллагьасда ﷻ гьарула шукру гьабулел лагъзадеридасан нилъ гьареян.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...