Аслияб гьумералде

ГIолохъанго пайда босе

ГIолохъанго пайда босе

ГIолохъанго пайда босе

ГIолеб гIел ккола инсанияталъул гIумруялъул къисмат жинда тIад гIуцIараб аслияб кьучIлъун ва мугъчIвалеб хIубилъун. Щай абуни, гIумруялда дандчIвай гьабизе хIадурлъулел гIадамал, ригьалде рахарал херал чагIи ккола гIумруялъулгун къо-мех лъикI гьабулеб заманалда ругел. Лъимал ккола гIумруялда дандчIвай гьабизе хIадурлъулел, жеги гIумруялъулгун дандчIвай гьабичIеб гIел. ГIумругун къеркьолеб чIагояб къуватин абуни ккола гIолохъанаб гIел.

 

ГIолохъанаб гIел бокьухъе рукIаян, гьезул ургъел гьабичIого чIарал нухмалъулел ккола цохIо халкъалъе гуребги, жалго жидеегоги хиянат гьабулеллъун. ГIун бачIунеб гIел лъикIаб нухдасан иналъул жамгIияталда жаниб кIудияб кIвар буго.

Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго аварагас ﷺ абунилан: «Анкьго чи вуго Аллагьасул гIаршалъул гурони цоги рагIад гьечIеб, къиямасеб къоялъ гIаршалъул рагIдукь рукIине ругел: гьезда гьоркьоса ккола гIадлу битIарав ханги, Аллагьасе тIагIаталда гIумру арав гIолохъанчиги», - абун. ГIадлу битIарав ханасда хадувго рехсон вуго Аллагьасул ﷻ нухда чIарав гIолохъанчиги. Гьелдалъун гьеб хIадисалъ нилъеда бичIчIизабула Аллагьасул ﷻ нухда чIарав гIолохъанчи гIадлу битIарав ханасда хадусеб даражаялда, жамагIаталъе хIажатав ва пайда цIикIкIун кьолев вукIин. Живго аварагас ﷺ ислам тIибитIизабулеб заманалдагицин гьесда сверухъ чIарал гIадамазул гIемерисел гIолохъанаб гIел букIана. Гьезул берцинаб дагIваталъул баракаталдалъун 1400 соналъ цебего тIибитIараб исламияб диналдалъун жакъаги миллионал гIадамаз пайда босулеб буго.

Гьединлъидал росдае букIа, шагьаралъе букIа, улкаялъе букIа къимат кьола гIолохъанаб гIелалъул хьвада-чIвадиялъухъ балагьун. ЛъикIаб гIамал-тIабигIаталъул гIемерисел гIолохъаби жанир ругеб росу, шагьар, улка лъикIаблъун рикIкIуна, квешаб гIамал-хасияталъул цIикIкIун ругони квешаблъунги рикIкIуна. Гьединлъидал нилъеца кIвар бахъизе ккола нилъер гIун бачIунеб гIел лъикIаб тIабигIат-гIамалалда куцазе.

Аллагь ﷻ разилъаяв кIудияв гIалимчм ва вали ГIабдулкъадир Сафадияс хъвалеб буго: «Дунялалда дагьабго заманалъ лазатги босун, хадуб абадияб гIакъуба щолеб гьеб лазаталъул пайда щиб?» - абун. Гьединго дунялалда дагьаб заманалда захIматги бихьун хадуб абадияб нигIмат щолебги букIаго бихьараб захIматалъул заралги щибилан.

Исламалъул тIогьиб бугеб бищунго хирияб гIамаллъун рикIкIуна гъазават. Амма гъазаватазулги бищун хирияб гъазават ккола инсанас жиндирго нафсалде данде гьабулеб гъазават. Аварагас ﷺ абулеб буго: «ХIакъав гъазаватчи ккола нафсалдехун гъазават гьабулев чи», - ян. Нафсалде данде гъазават гьабизе гIолохъабазе захIмат бугилан абуниги, гьеб захIматги кидаго букIунеб гуро. ГIолохъанчиясги квешлъиялдасаги гьукъун лъикIлъиялда нафс куцазе байбихьараб мехалъ, гьесие дагь-дагьккун бигьалъизе ва хадуб лъикIаб гIамал гьуинлъизеги буго.

Амма гIолохъанлъиялъ гуккарал, пасалъиялда гIумру тIамулезда гьоркьорги ратизе бегьула жалго мекъаб нухда рукIинги ва Аллагьасул ﷻ нух хIакъаб букIинги лъалел, херлъун хадуб диналде руссинилан хьулазда божун чIаралги. Гьезда лъазе ккола гьединал хьулал жиделъ раккизарулеб щайтIан букIин. ГьечIони, жалго ургъеха, херлъидал дин гьабилин чIарал гIолохъабазул, бищун дагьаб 70 % херлъизегIан хутIичIого хола.

Херлъун хадуб дин гьабизе лъугьарав цониги чи дуда ватизе гьечIо гIолохъанаб мехалда дин гьабичIого теялда пашманлъарал гурони. Херлъараб мехалъ гьабулеб динги хераб букIунеблъиги хIисаб гьабизе ккела. ГIадада гурелъул нилъер хирияв аварагас ﷺ васият гьабураб: «Дуца херлъилалде цебе дурго гIолохъанлъиялдаса пайда босе», - абун.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...