Аслияб гьумералде

ЖужахI тIадаб гIамал

ЖужахI тIадаб гIамал

ЖужахI тIадаб гIамал

Гьереси бицин буго бищун къабихIал мунагьаздасан ва инсанасул гIайибазул вахIшилъиялдасан цояб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеде амру гьабулеб буго гьерсидаса цIуни гьабеян.

 

Щибго гуреб дунялалъул ишазе гIоло гьереси бицунелги камуларо, хасго кIудияб мунагьлъун ккола гьересиялдалъун даран-базар ва цогидаб иш гьабулаго кIиго чиясда гьоркьоб бицараб. ХIакъикъияв бусурманчияс кидаго битIараб бицине ккола кигIан жиндие хайир гьечIеб бугониги. ИсмагIил ибну ВаситIица абуна: «Авараг ﷺ накълулъун хадуб, дида Абубакар-асхIабас бицунеб рагIана цо нухалъ Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца гьереси бициналдаса цIуни гьабе, гьеб къосарал чагIигун цадахъ букIуна, гьеб кIиябгоги жужахIалъулъ буго», - ян. Абу-Умаматица бицараб цоги хIадисалда буго: «Гьереси нифакъалъул бутIаялдасан цо бутIа буго», - ян.

ГIабдуллагь ибну Жаррадица Аварагасда ﷺ цо нухалъ цIехон буго: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, муъминчияс зина гьабулищ», - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Цо-цо лъугьуна», - ян. Нахъеги цIехана ГIабдуллагьица: «Гьереси бицунищ муъминчияс», - абун. Аварагас ﷺ абуна бицунарин ва гьелдаго нахърегIизабун Аллагьасул ﷻ гьаб магIнаялъул рагIиги абуна: «Гьереси бицуна Аллагьасул ﷻ аятазде иман лъоларел чагIаз», - ян.

Аварагас ﷺ жиндир дугIая-лъулъги абулаан: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца дир ракI нифакъалдаса, гIаврат зинаялдаса ва мацI гьересиялдаса бацIцIад гьабе», - ян.

Малик ибну Динарица абуна: «Цояб нахъе инегIан, гьереси ва ритIухълъи ракIалда жаниб цоцадехун рагъ гьабулеб букIуна», - ян.

Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ макьилъ дида бихьана дихъе цояв вачIарав гIадин, гьес диде «ТIаде вахъа», - ян абуна, дун гьевгун тIаде вахъана, гьеб мехалъ дун вугоан кIиго чиясда аскIов, гьезул цояв вугоан вахъун чIун, цогияв гIодов чIун. Вахъун чIарасул кодоб бугоан маххул гьабураб газалъ бакулеб алат, гIодов чIарасул кIалдиса гIодобе гъажалде щвезегIан къазабулеб, цинги нахъеги цIан, цогияб рахъалдехунги гьебго куцалда къазабулеб. Дун тIаде вахъине гьавурасдехун дица абуна: «Гьаб щиб?» - абун. Гьес абуна: «Гьав вуго гьерсихъан, къиямасеб къоялде щвезегIан жиндие хабалъ гIазаб гьабулев», - абун.

Инсанасул калам буго мурадлъун бугеб жоялде нух. Кинаб бугониги лъикIаб мурадалде нухлъун букIине бегьула гьересиябги битIарабги калам. Гьересияб калам абуни гьелъулъ хIарамаб букIуна, амма къасдлъун бугеб жоги хIалалаб батани, гьересиялдалъун гурони нух бачине ресги батичIони, гьеб мехалда гьереси бицин хIалалаб букIуна. Къасдлъун бугеб жо, бусурманчиясул би цIуниялда релълъун тIадаб батани, гьереси бицинги тIадаб букIуна. Гьединлъидал руго цо-цо бакIал жиделъ гьереси бицине рухса кьурал. Гьелде тIоритIел гьабула Умму-Кулсумица бицараб: «Дида рагIана Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абулеб: «Лъабго бакIалда гурони гьереси бицине рухса кьоларо», - ян. Гьездасан ккола: «Бицунеб рагIиялдасан бусурбабазда ялъуни кIиго халкъалда гьоркьоб маслахIат гьабиги бокьун кIалъалев, рагъул майданалда тушманасда тIад бергьенлъи босизелъун кIалъалев. Щайгурелъул, рагъ буго хIиллаялда тIад гIуцIараб ва рос-лъадиялъ цоцазда гьоркьоб маслахIат, цоцазул разилъи букIинелъун бицунеб», - ян. Бухарияс бицараб цоги хIадисалда буго: «КIиго чиясда гьоркьоб маслахIат гьабизелъун гьересиялдалъун лъикIаб рагIи бицарав яги мацI гьабурав чи гьерсихъан кколаро», - ян. Гьаб лъабабго бакI буго хIарамаб букIиналда гъорлъа бахъараб.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...