Аслияб гьумералде

ГIарац кьунгIаги цIуне

ГIарац кьунгIаги цIуне

ГIарац кьунгIаги цIуне

Нилъ кутакалда хIажатал руго гIагарлъи цIуниялде ва цоцазда гьоркьоб гьуинлъи букIинабиялде. Амма, гьедин бугеблъи лъалеб бугониги, тIаде-гъоркье ин цIакъго къанагIалъун буго. Нагагь гьоболлъухъ унел ругони, ракIалде ккола щиб бугониги босизе кколин абун. Цоязул рес букIина гьеб босизе, стол къачIазе, цогидазул букIинаро. Гьелъул пикру гьабулев чиго гьечIо. Гьедин букIин сабаблъунги кколеб буго тIаде-гъоркье хьвадунгутIиялъе.

Цебе кинха букIараб? Рукъалъул хважаинас цебе лъураб квенги кванан рукIунаан. Щибго чIухIиги нечейги букIинчIо. ГIагарлъиялда гьоркьоб гьуинлъиги цIикIкIун букIана. Балагьараб мехалда нигIматал гIемерлъиги нилъее пайдаялъе батулеб гьечIо. Амма гьедин букIиналъе щукру гьабизе ккола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго: «ЦIакъ дагьал руго щукру гьабулел гIадамал», - ян.

Ибну ГIумарица абуна: «Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарав ва гIагарлъиялда гьоркьоб бухьен гьабурав чиясул гIумруги боцIиги цIикIкIинабула ва гьесул хъизан-агьлуялъеги гьев вокьула», - ян.

ГIагарлъиялда жанир рес бугел чанги рукIуна. Амма мискинал гIагарал чагIи ракIалдего щоларо. Гьединавги вукIуна Аллагьас ﷻ жиндие щибго кьечIев гIадин. Гьебги мекъаб пикру буго. Щивасе боцIи кьолев ТIадегIанав Аллагь ﷻ вугелъулха. Гьединлъидалин нилъеца щукруги гьабизе кколеб. Щукру гьабурасе БетIергьанас цIикIкIинабулин абун бугелъулха. МацIалдалъун гуро щукруги гьабизе кколеб. Щукру гьабизе ккола садакъа кьун, закагIат бахъун, мискин-пакъиразе кумек гьабун. Гьеле гьеб буго хIакъикъияб щукру гьаби.

Аллагьас ﷻ рещтIарал тIанчазда хъван букIана: «Я Адамил лъимер, боцIудалъун дуца гIагарлъиялъулгун хурхен гьабе. Гьелда барахщани яги гьеб дагьлъани, гIицIго гьезухъе щвезегIаги а», - ян.

Маймун бин Магьраница абуна: «Лъабго жоялъулъ ращадал руго капурчиги бусурбанчиги:

1. КъотIи гьабуни, бусурбанасги капурасги гьеб тIубазабе.

2. ГIагарлъи батани, гьезулгун хурхен гьабе.

3. Аманаталъе жо кьун батани, щиб диналда вугевали балагьичIого тIубазабе, ай нахъбуссинабе.

ХIасанул Басрияс абуна: «ГIадамаз кутакаб гIелму загьир гьабидал, амма гIамал гьаби загIиплъидал ва берцинго кIалъалел чагIи рокьидал, гIагаразда ццимги бахъиндал, Аллагьас ﷻ гьезие нагIана кьола ва гьезул ракIал беццаллъунги гIинкъаллъунги гьарула», - ян.

Факъигь Абу Лайс Самаркъандияс абуна: «РикIкIада гьечIев гIагарав чи ватани, дуда тIадаб буго бухьен цIуниялъул нияталда гьадиятгун зиярат гьабизе. БоцIудалъун рес ккечIони, зияратгIаги гьабизе тIадаб буго ва гьединго кIвараб кумек гьабизеги. ГIагарлъи рикIкIада батани, гьезухъе хъвала ва рес рекъани гьезухъе ин хириябги буго», - ян.

Рехселин гIагарлъиялъулгун хурхен гьабиялдалъун чиясе щвезе ругел даражабазул сияхI.

1. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъи щола.

2. Рохел щола. Щайин абуни, аварагасул ﷺ хIадисалда бачIана гIамалазул хирияблъун кколин муъминчиясул рекIелъе лъугьинабулеб рохел.

3. Малаикзаби рохула.

4. Бусурбабаз лъикIаб къимат кьола.

5. Гьелъ иблисалъул ургъел ккезабула, рахIат хвезабула.

6. ГIумру халалъизабула.

7. Ризкъиялда баракат лъола.

8. Хварал умумул рохула.

9. ГIагарлъиялда гьоркьоб рокьи цIикIкIуна.

10. Хун хадуб кири щола. Щайгурелъул, щибаб нухалда гьесул цIар бахъидал, дугIа гьабизе бугелъулха.

Къиямасеб къоялъ рагIалда гъоркь вукIине бокьарас гIагарлъиялъулгун хурхен гьабейиланги буго. Цоги, гIагарлъиялда гьоркьоса гьитIиназда тIадаб буго кIудиял кIодо гьаризе, гьединго кIудиязда тIадаб буго гьитIиназда гурхIизе.

Дунялалдаги ахираталдаги тIадегIанаб тIабигIаталдасан ккола гIагарлъи къотIизабурасулгун хурхен гьаби.

Ибну ГIумарица бицана, аварагасухъе ﷺ цо чи вачIанин ва абунин жинца кIудияб мунагь гьабунин, тавбу гьабиялъе нухго бугищин абун. Аварагас ﷺ абунила дур эбел-эмен ругищин. ГьечIин абидал, эбелалъул яц йигищин гьикъанила. Йигин абидал, аварагас ﷺ абунила, гьедин батани, гьелъие лъикIлъи гьабеян.

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...