Аслияб гьумералде

ТалихIалде рачунел…

ТалихIалде рачунел…

Аллагь ﷻ разилъи ва гьелде рачунел гIамалал гьари буго нилъедаса диналъ тIалаб гьабулеб жо, гьеб букIине ккола чиясул аслияб пишаги гьаб ракьалда. ГIамал гьабиги букIине ккола Аллагь ﷻ тIаде валагьун вугев кинниги ихласалда. Гьедин гьабураб къабул гьабиялде гIагарабги ккола.

 

Имам Гъазалияс хъвалеб буго кIиго жо бугин чиясулъ кидаго букIунареб, тIоцебесеб – гIолохъанлъи, кIиабилеб - чорхол къуват абун. Жинца пайда кьолебги кIиго пиша буго: тIабигIат берцинлъи ва напсалъул сахаватлъи. Гьединго, кIиго пиша буго жидеца къадру борхизабулеб: жиндирго гIодове виччай, гIадамазул хIажатал тIурай.

КIиго пиша буго балагьал нахъчIвалел: садакъа кьей ва гIагарлъиялъулгун бухьен щулаго кквей.

Цо нухалъ Лукъманул ХIакимил васас цIехон буго щиб пиша бугеб бищун лъикIабин абун. Васасе жаваб гьабун Лукъманица абун буго, дин, боцIи, нич, тIабигIат берцинлъи ва сахаватлъи бугин. Цинги хадубги абун буго, чиясулъ гьал пишаби данделъани, гьев вукIунин вацIцIадавлъун, БетIергьанасдаса ﷻ хIинкъулевлъун, Гьесул ﷻ валилъун, шайтIаналдаса цIунаравлъун абун.

 

КантIизе рекъарал пишаби

БетIергьанасде, расуласде, диналде ва ватIаналде хиянат гьабуге.

Дуца хъачIлъи бихьизабуге инсуда, эбелалда, вацасдагун яцалда.

Къарумлъи бихьизабуге чIужуялда, лъималазда, гIагарлъиялда ва гьудулзабазда.

СогIлъигун гьумер букIкIин бихьизабуге ятимзабазда, мискинзабазда, пакъирзабазда ва унтарал чагIазда.

Дур ццин бахъунге гIалимзабазда, лъикIаб-квешаб малъулев мугIалимасда, Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарал ва ригьалде рахарал чагIазда.

КъотIизе тоге как бай, Къуръан цIали, зикру бачин ва гIагарлъи хурхинаби.

Ккезе биччаге мунагь, гукки, хIасад ва ракIхъублъи.

ТIадчIей гьабе сабруялда, хIелмуялда, гIелмуялда ва сахаватлъиялда.

ЦIуни гьабе шайтIаналдаса, напсалдаса, шагьваталдаса ва квешав гьудуласдаса.

РикIкIалъе гьереси бицунев, викъарулев, хIасад ва мацI гьабулесдаса. Гьалмагълъи гьабе ракIбацIадав, къотIи тIубалев, сахаватав ритIухъав чиясулгун.

ГIемер гьабе садакъа, дугIа, тавбу, салават битIи.

Дагь гьабе кьижи, кванай, калам ва кIвахIаллъизе черх тоге.

Чорхолъе биччаге пашманлъи, гIажизлъи, бахиллъи ва хьул халалъи.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...