Аслияб гьумералде

Магiишат захiмалъизабулеб…

Магiишат захiмалъизабулеб…

Исламияб диналъ рехсана гIумруялда лъугьа-бахъунебщинаб жо. РехсечIеб жого гьечIин абизе бегьула. Гьеб киналдаго гьоркьоб рехсана эбел-эменгун рукIине кколеб къагIидаги гьезул адаб гьабизе кколеб куцги.

Диналъ нилъеда малъана гьезул хIурмат тезе хIарамаб бугилан. ХIисаб гьабе, мун хьихьарал чагIазда аскIоб дуца хъачIлъи гьабизе бегьулищ? Гьишамица бицана: «Эбел-инсуе нагIана кьолев чи нагIана кьурав вуго», - ян.

Гьал рагIабазул гьадинаяб баянги буго: «Дуца эбел-инсуе квешаб иш гьабуни, ай гIадамаз нагIана кьезе бегьулеб, гьеб буго дуца эбел-инсуе нагIана кьураб гIадинаб жо», - ян. Гьелдаса цIунизе ккела. Квешал жал гьарулесги, хасго гIун бачIунеб гIелалъ, гIемерисезда бичIчIичIого букIунелъул гьезул къимат, тезе ният гьабизе ккела квешабщинаб, гIайиб эбел-инсуде бачIинчIого букIине. Щайин абуни, метер мунги вахъине вугелъул эменлъунги, дур лъимералъ дуеги гьабизе бугелъул гьебго.

Къуръаналда рехсана лъабго аят, щибабги цогидаб лъабго аяталда хурхун бугеб, цоцада цонигияб хурхичIони цояб ТIадегIанав Аллагьас къабул гьабулареб.

  1. Аллагьас Къуръаналда абуна: «Нужеца как бай ва закат бахъе», - ян. Как бани, амма закагIат бахъичIони, гьев чиясул как къабул гьабуларо.
  2. Къуръаналда абуна: «Нуж мутIигIлъе Аллагьасе ва аварагасе», - ян. ТIадегIанав Аллагьасе мутIигIлъани, амма аварагасе мутIигIлъичIони, Аллагьас гьеб къабул гьабуларо.
  3. БетIергьанас абуна: «Дуца Дие щукру-рецц гьабе, гьединго, дурго эбел-инсуеги гьабе», - ян. Аллагьасе щукру гьабун, амма эбелинсуе гьабичIого тани, гьебги къабул гьабуларо.

Гьел аятаз баян гьабулеб буго эбел-инсул хIурмат гьабизе ккеялъул. Гьединго какалъул кIвар букIунаро нилъер, закаталъул кIвар гьабула. Щивас жиндиего суал кьезе ккела, гьедин бараб как ТIадегIанав Аллагьас къабул гьабизе бугебдайин абун.

Цо-цо асхIабзабаздасан бицун бачIана: «Эбел-инсуе дугIа гьабунгутIиялъ магIишаталъул гIумру захIмалъизабула», - ян. Гьелъ баян гьабуна, магIишат цебетIезе бокьарас, кидаго гьезие дугIа гьабизе кколеблъи.

Имам АхIмад бин ХIанбалица абуна: «Эбел-инсуе лъикIлъи гьаби мунагьал чуриялъе кафаратлъун чIола», - ян.

Жакъа нилъеда бичIчIизе ккола, нилъ берцинаб гIамалгун хьвадани, гьезие рогьо щолареб жолъун букIин. Щайин абуни, мун сабаблъун гьезие цогидаз нагIана кьолеллъун нилъ рукIине бегьуларо. Гьел хун хадубги дур лъикIал гIамалаз гьезие пайда гьабизе буго.

Кидаго ракIалда чIезабизе ккола, гьезие мутIигIлъичIони яги зарал гьабуни, дудаги дур васасдасан гьебго зулму гурони бихьизе гьечIеблъи.

Шамил Мухiаммадов, Буйнакск район, ХIабщиб росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...