Аслияб гьумералде

Гьоболасул хиралъи

Гьоболасул хиралъи

Нилъехъе вачIунев гьоболасда цадахъ Аллагьасул рахIмугун гурхIелги букIуна. Гьоболасда цадахъ кIиго малаик вачIунелъул, гьев чиясул рукъалда баракатги лъола, Аллагьас гьесул мунагьалги чурула ва кириги хъвала рукъалъул бетIергьанасе гьобол гьенив вугебгIан заманалда жаниб.

Свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Гьобол гьечIев чиясул щибго лъикIлъи гьечIо», - ян.

Гьелъул магIна ккола гьобол вугев чи цогидаздаса хирияв вугин абураб. Гьоболасул хIакъ тIубазеги рекъараб буго бусурбанчиясда, ай гьеб ккола хирия Аварагасул суннат. Ибрагьим аварагасе кутакалда рокьулел рукIун руго гьалбал. Гьобол хирияв абураб цIаралда гъоркь машгьурлъунги вукIун вуго гьев. Гьобол аскIов гIодов чIун ва гьесухъа ихтияр босун гурони кваналевги вукIун гьечIо. Гьев бакъ тIерхьунеб гIужалъ къватIиве вахъунев вукIун вуго гьоболлъи гьабизе чи валагьизелъун.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, МухIаммад, Дир лагъзадерида бице, Ибрагьим аварагасухъе тIаде гьалбал рачIиналъул ва гьес гьел къабул гьариялъул хIакъалъулъ. Гьединго бице, гьез досда абулин дуде Аллагьасул рахъалдасан салам бугин», - абун.

Аварагасул хIадисалда буго гьоболасул дугIа Аллагьас къабул гьабулин абурабги. Абу Гьурайратица бицун Аварагас абунин:

«Къиямасеб къоялдаги Аллагьасдаги божулев чияс гьоболасул къимат гьабе ва ракI-ракIалъ гьев къабулги гьаве», - ян ( Бухари, Муслим).

ХАЛИД ПАЙЗУЛАЕВ, ДГИЯЛЪУЛ ТIАЛИБ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...