Аслияб гьумералде

Цогидазул гъалатIаз кантIизаризе ратила

Цогидазул гъалатIаз кантIизаризе ратила

Цогидазул гъалатIаз кантIизаризе ратила

Дагъистаналъул гIалимзабазул гIелмияб мажлисалда АхIмад-афандияс гьабураб кIалъай

 

ХIурматиял вацал ва яцал! Дида цере кIалъазе рахъаразги шукру гьабиялъул бицун батаниги, дицаги гьелдего ахIулел руго нуж. Жеги дица гьарилаан нужеда, тIаде бачIараб щибаб къоялъги шукру гьабейин абун. Щайгурелъул гьеб къоялъги нилъее исламалъул бицине рес кьун бугелъул.

 

ГIолохъанаб гIелалда лъалеб батиларо цебе заманалда гIелму мажгитахъ цIалулеб букIараблъи. 1937 соналъ, гIадатияб къагIидаялда къаси дарсги цIалун, радал какде рачIиналде мажгитазда киртал ран ратана. Гьебги ккана ракIалдаго гьечIого. Гьединлъидал щибаб радал, нилъеда кIочене бегьуларо Аллагьасе шукру гьабизе. Сундаго барахщичIого ислам тIибитIизабиялъе хIалтIи гьабизе рекъараб буго щивав чиясда.

Ибну ГIатIаиллагьица абун буго, байбихьуда тасаввуфалдехун жиндир рокьукълъи букIанин. Дагьаб нахъа, цIех-рех гьабидал, гьезулгун хурхен ккедал, мукIурлъун вуго тIарикъаталъул нух лъикIаб ва битIараб букIиналъе. Гьел рагIабазе дагьабго баян кьезе бокьун буго. Гьесул тIарикъаталдехун рокьукълъи букIана хIакъикъат лъангутIиялъ, рекIелъ чороклъи, чорхолъ хIалихьалъи букIун гуреб. Гьединлъидалин гьев хехго вачIарав битIараб бичIчIиялде ва жиндир цIар гIаламалдаго рагIарав чиги лъугьарав.

Нилъер заманалдаги руго тIарикъаталде инкар бугел, гьелдехун рокьукълъи гьабулел гIадамал. Гьелде тIаде, гьезул ракIазулъ чороклъиги буго. Гьедин букIиналъ нусгоялда гьоркьоса ункъоялда анцIго проценталда гьел хIалихьатал чагIи рачIунаро тIарикъаталде. Амма инкар гьабулеб бугони рекIелъ гъиз гьечIого, гьел рачIуна. Гъоле Ибну ГIатIаиллагьица инкар кколеб букIун батаниги, ракI бацIцIадаб букIиналъ гьев вачIана, АлхIамдулиллагь.

 

 

 

 

 

 

Гьанир кIалъарал гIалимзабазул каламалде тIаде щиб дица жубалеб? Гьез щибаб жоялъе бачинчIищ Къуръангун хIадис далилалъе. Гьелде тIадеги нилъер гIун бачIунеб гIелалъе щиб камун бугеб? Цо-цоязин абуни, гьезда шайтIабийин, иблисалин яги щиб цIар лъелебали лъаларо, нахъегIанал гIадамаз абуларо гIолохъабазда гьал гIалимзабаз рачарал аятал ва хIадисал мекъал ругилан. Амма гьез абула гьев гIалим лъикIав гьечIин, гIалимасдехун бижизабула щаклъи. Дир гьари буго гIолохъабазде, гьединал шайтIабазда нуж божуге. Нужерги бугелъул ургъизе бетIер, нужеего лъикIабгун квешаб батIа бахъизе лъазе ккеларищ?

Гьале вагьабияз яги бащдал вагьабияз абула гIадамазда щибго жо гьаризе бегьуларин абун. Нагагь гьарани, ширкалде кколин. «Дуца гьарулелъул Аллагьасда гьаре, дуца кумек тIалаб гьабулелъул Аллагьасдаса тIалаб гьабе» абураб хIадисги бачуна далиллъун. Нилъецаги гьебго абула, гьеб хIадис кьучIаб бугелъул. Амма гьезда жидедаго хъатIараб мехалъ гьеб хIадис кIочона. 10-15 сон ун батила долдаса нахъе, цо бащдав вагьабияв вачIана дихъе кIалъан сордо бащалъараб гIужалда. Гьес гьарун букIана МахIачхъалаялъул Сепараторазул районалда унеб бугила спецоперация, гьенир ругезе бокьун бугила кверде рачIине, гьабейила кумек абун. Нужецаго пикру гьабеха? Дун инсан гурищ кколев? Гьаризе бегьулищ дида? Балагьараб заманалда гьезие хIажат ккедал бегьулеб къагIидаха. Гьеле гьедин гуккулел руго нуж гьез, хIурматиял гIолохъаби! Гьединал гIакълаби нужее гьез кьолелъул, нужгоги ургъе. ШайтIаналъги чанги батIияб жо малъула гIадамазда, гIенеккуге гьезухъ.

Лъималазе тарбия кьеялъул бицана кIалъазе рахъараз гьаниб. Дида ккола лъималазе кьолеб тарбиялъе гIайибиялъун гIемерисеб мехалъ цогидал ралагьулел ругин абун. Мисалалъе, чIужуялъ абулеб буго вас инсухъ гурони гIенеккуларин, инсуца кьейин гьесул жаваб. Гьединго инсуца абулеб буго ясазул милат эбелалъ гьабейин, гьелъухъ гурони гIин баларин гьезилан абун. Гьединаб къагIидаялда цоцазде бугъиялъ лъикIаб гуреб хIасил кколеб буго нилъееги нилъер лъималазулги. Хасго тIарикъаталда хурхарал гIадамаз гIайиб балагьизе ккола жидедаго жаниб.

Дида цеве цIалулев вукIарав цо мутагIил ун вукIана Болъихъе. Гьениве щведал дида дандчIвана гьев. Гьес абуна жал ругеб бакIалде щвезе вилъинарищин абун. Гьес абуралъуве щведал, гьенир рукIаразул цоясулгун хабар ккана бусурбабазда жаниб цолъи гьечIолъиялда тIасан. Дица гьезда абуна, гIадатияв бусурбанчиясде куфруги гIунтIизабун, гьезулгун кинаб рекъелин букIунебин абун. Гьедин куфру гIунтIизабуни гьезул цояв капурчи вукIине кколин. Гьале вагьабияз нижеде куфру гIунтIизабулеб буго. Амма ниж руго бусурбаби, Аллагьасе цоги гIахьалчиги нижеца чIезавуларо. Щай ниж рукIине кколел гьез гIунтIизабураб гIайибги хIехьон, гьелда тIадги рекъон? Гьесие рекIее гIуна гьел рагIаби. Гьес дида абуна гьеб пикру битIараб бугин, амма Гъизилюрталда вугев хIалакъав АхIмадица гьедин абулеб гьечIинхаян.

Балагьеха, гьев чиясда дун вихьунцин вукIун гьечIо, амма диде гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьелеха, кинаб хIужаялдалъун гьез бусурбаби рикьизарулел ругелали. Гьединлъидал, цонигиясде гIайиб гIунтIизабилалде цIех-рехгIаги гьабизе ккеларищ?

Дир кIудияб хьул буго, цогидазул рихьарал гъалатIазгIаги кантIизарилин нилъ киналгойин абураб.

Аллагьас кумек гьабеги киназего! Амин!

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...