Аслияб гьумералде

Мажлисалъул хиралъи

Мажлисалъул хиралъи

Мажлисалъул хиралъи

Хур-ахалъе, хIутI-хъумура-лъе, инсанасе, ай сундуего хIажалъула квенги лъимги. Напсанияб черхалъе гуребги, нуранияб рухIалъеги гьеб къваригIуна. Гьебги ккола гIелму. ГIелму буго Аллагьасул нур. Аллагьас жиндирго вокьарав лагъасе кьолеб. ХIадисалда буго: «Цо чиясе лъикIлъи бокьидал, Аллагьас гьесие диналда жаниб бичIчIи кьола», - ян.

 

«ГIелму тIалаб гьабун къватIиве вахъарав чиясе БетIергьан Аллагьас Алжаналде нух бигьа гьабула», - ян абуна Аварагас ﷺ. ГIелму цIикIкIанагIан лагъасда лъала БетIергьан разияб гIамал гьабизе.

ХIадисалда буго: «ГIелмуялъул мажлисалда гIахьаллъи хирияб буго азарго ракагIаталдасаги, азарго унтарасухъе ваккизе иналдасаги, азарго жаназа къачIаялдасаги», - абун. Цинги асхIабзабаз гьикъана: «Къуръан цIалиялдасагийищ, я Расулаллагь», - абун. Аварагас ﷺ абуна: «ГIелму гьечIого Къуръан цIалиялъ пайда кьолищ?» - абун.

Къуръан цIалугеян абулеб гьечIо. ЦIалиги, гIенеккиги, тIаде балагьиги, рокъоб цIуниги, кинабго буго кири бугеб гIибадат. ГIицIго цIалиялда къокълъун чIечIого, цогидабги гIелму цIалейин абулеб буго. Кинабго гIелму кколелъул Къуръангун хIадис бичIчIиялъе гIоло цIалулеб.

ХIадисалда буго, БетIергьан Аллагьас абулила малаикзабазда, нуж ракьалдеги ун, балагьейин Аллагь рехсолел, Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ бицунел мажлисал ругищали. Цинги вачIун малаикас бицуна Аллагьасда пуланаб росулъ гьадинаб мажгиталда бугин гIелмудал мажлисин абун. БетIергьанас малаикзабазда абулила, гьез щиб гьарулеб батаниги, гьеб кье гьезиейилан абун. Гьединаб пайда букIуна мажлисазул.

 Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьас абула, Жив жиндир лагъасда кинавлъун вихьулев ватаниги, гьединав вукIинин абун», - ян. Аллагь гьарараб къабул гьабулев вугилан ракIчIарал ругони, гьединав вукIина Аллагь нилъее. ГурхIулев вугилан ракIчIарал ругони, гурхIулевлъунги вукIина. Аллагьасул рахIматал гIемерал руго, цоясе кьуниги, анцIгоясе кьуниги, мукъсанлъи букIунарел.

МагIишат-яшавалде руссун гъапулго ругониги, мажлисалда нилъ гъапулго рукIунаро, Аллагь рехсола, свалат битIула, вагIза-насихIат рагIула. Гьединал данделъабаз ракIазда нур базабула, ракIал тамах гьарула. ВагIза гьечIониги, бачунеб зикру рекIелъе лъугьуна. СагIид-афандияс абулаан: «ЖамагIаталъул газа кьурдаги рекIуна», - ян. Гьелъухъего, нилъеца цадахъ бачунеб зикруги, гьабулеб дугIаги асар гьечIого хутIуларо.

Цо росулъ ругониги нилъ рузманалдаса рузманалде гурого рихьуларо. Мажлисаздаги рихьула. Гьединаб бакIалда цоцазе бугеб къварилъи-гIатIилъи бикьула, кумек хIажатав лъала. ХIадисалда буго: «Щив чи вугониги рокъоб квенги гьабун, жиндирго мадугьал вакъун вукIун кьижарав, гьесие гьебги щвечIого, гьев чи нижедаса кколаро», - ян абун. Гьединабги лъазе хьвадизе ккола жамагIат каказдеги мажлисаздеги.

Мажлисазул хайир ккола бицараб вагIзаялъул пайда букIин. Кинабго ракIалда чIечIониги, цо гьитIинаб бутIаниги чIолелъул. РакIалда буго, байбихьул классазда цIалулеб мехалда, мажгиталъул имамас гьабураб вагIзаялъ гьанже нахъаги дие гьабураб пайда. ЦIадги бан, цо бакIалда хIор чIола. Цинги гIиссинккун доб ракьулъе цIцIун уна. Хадуб цогидаб рахъалдасан къватIибеги баккула. Гьелдаго релълъун, рагIаралъулги бихьаралъулги асар тIагIунаро.

Цо заманалдасан щвараб гIелмуялъ нилъ мутIигI гьарула ва дагь-дагьккун гIамал гьабизе тIамула. ГIелму - Аллагьасул нурлъидал, гьеб гIадада хутIуларо. Имам Гъазалияс абун буго: «ГIелмуялъ жиндирго бутIа босичIого толаро», - ян. Ва жиндирго ккарабги бицун буго:

«Дунги вацги, эменги хун, хьихьизе имгIаласухъе ккана. Заман язихъабги букIун, гьес ниж ритIана мадрасалде. Гьениб рега-рахъинеги кваназеги гIураб жо букIунаан. Гьедин, кваназе жоялъе гIоло мадрасалде ана ниж, амма гIелмуялъ жиндиргояб босана», - абун.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...