Аслияб гьумералде

БитIун ккезе бокьани...

БитIун ккезе бокьани...

«Мухтасаралда» хъвалеб буго: «Камилаб иман букIуна мацIги рекъон, ракIалъ ритIухъги, лугбуз гIамалги гьабун суннаталда рекъон хьвадани», - ян.

Къуръаналда буго: «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужеца Аллагь гIемер рехсей», - ян (Суратул «АхIзаб» 41 аят). Гьелъие магIна гьабун имам КъуртIубияс тафсиралда гьаб хIадис бачунеб буго: «Жинда Аллагь разилъаяв Абу СагIид Худрияс бицунеб буго Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца зикру баче гIадамаз гIантал ругин абизегIан», - абун («Тафсируль КъуртIуби»).

Цоги хlадисалда буго: «Аллагь рехсолевги рехсоларевги, хварасулги чӀагоясулги мисалалда руго», - ян. Аллагьасул валиясе (гIарифуназул цоясе) гьалмагъас кьун буго кIалъазе лъалеб попугай. Гьелъ ахIулеб букIун буго: «ЛА ИЛАГЬА ИЛЛА ЛЛАГЬ», - абун. ЛъикIаланго заман гьоркьоб индал, гьалмагъ вачIуна гьесухъе гьоболлъухъе. ЦIакъ къваридго, хIатта магIил бералги цIун ватула гьев. Щиб ккарабин гьикъидал, гьес абула попугай хванин.

- ВахI, гьедигIан цIакъищ гьелда хадуб ракI хвараб? Цоги балагьилагури дуе гьеб, - янги абун, гьесул ракI батизабизе лъугьун вуго гьалмагъ. Цинги валияс жаваб гьабула:

- Попугаялда хадуб ракI хун гуро дун вугев. Дун пашман гьавуна долъул къисматалъ. Холелъулги долъ ахIулеб букIана добго, амма бащдаб гурого ахIичIо, ай «Ла илагьа» абунги ахIун, «илла Лагь» ахIичIо. Дун хIинкъун вуго рухI бахъулелъул дирги гьединабго къисмат ккеладайин абун. ХIисаб гьабидал, гьеб буго нилъее кIудияб хIинкъи. Гьаб дунялалда нилъер аслияб мурад кколелъулха Аллагьасул дин гьаби ва дунялалъул ахирги иманалда ккей. Гьелъие тIоритIел гьабулел гIемерал далилалги руго.

Гьезул цо-цоял рехселин: - кIалги ракIги зикруялде ругьун гьаби;

- какичуриялда даимлъи;

- тавбу гIемер гьаби;

- гIибадат гьабиялда тIадчIей.

Доб хIинчIалъул мисал бачиялъе гIиллаги ккола, гIицIго кIалги ругьун гьабун, ракIалда хIузур гьечIолъиялде нилъ ругьунлъани, додинабго къисмат ккезе рес букIин. Попугай буго гIакълуги таклифги гьечIеб хIинчI. ГIадан гьединав гьечIелъул. ГIакълуги буго, таклифги буго, ихтиярги буго, лъикIаб-квешабги лъала. ТIаса бищаралъухъ хIисабги букIине буго. Магнитофоналда лъураб флешка гIадин нилъер мацI бугони, зикруялде ругьун гьабичIеб, рухI бахъиялда аскIобги абизе кIоларого яги бащдаб гурого абичIого ккезе рес буго.

ТIахьазда хъвалеб буго, дунялалда нилъер ракIгъолеб, напсазе бокьулеб жо рухI бахъулелъулги нилъехъе тIадбуссунин. ГIибадат гьабизе бокьулеб букIун батани, ракIалде гIибадат щолин. ГъафлатмагIсият гьесул бергьараб букIун батани, ракIалдеги гьеб бачIунин рухI бахъулелъул абун. Пуланай гIадан гIемераб заманалъ йикIун йиго лъавудаса ун, ай комаялда. Йигьараб мехалда гьелда гьикъун буго бокьараб жо бугищин абун.

ГIемераб заманалъ комаялда йикIарай гьелъ абун буго гIарац бокьилаанин абун. Гьедин букIуна рухI бахъулеб мехалъги дунялалъул магIишат рекIелъан биччани. Жинда Аллагь разилъаяв Абугьурайрат хвалил бусада вугев заманалда гIодун вуго. Щиб ккарабилан гьикъидал, гьес абун буго: «Дун хIинкъун вуго Аллагьасда цевечIараб мехалда, гьитIинабин дица толеб букIараб гъалатI, кIудияб мунагьлъун батилин», - абун. Гьеле иман. Гьелъиеги нилъее, жакъасеб заманалда, бищун кумек гьабулеблъун буго устарзабаз малъулеб тIарикъат.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...