Аслияб гьумералде

Ризкъиялда баракат лъолеб

Ризкъиялда баракат лъолеб

Жиндир буголъи лъикIаб рахъалде хвезаби ккола нилъер диналда рикIкIунел гIамалазул цояб. Гьеб ккола сахаватлъи. Иманалъул цо бутIа. Аллагь разилъиялде хIаракат бахъулезул хасият. Къуръан-хIадисалда гIемер рехсей буго сахаватлъиялъул бугеб кIваралъул, гьелъ Халикъасде гIагарлъизе ва гIадамазулгун бухьен щулалъизе кумек гьабулеб букIиналъул.

 

Исламалъ ахIула боцIи-малалъулаб гуребги ракIбацIцIалъиялдалъун сверухъ ругезул тIалаб-агъаз, ургъел гьабиялде. Сахаватлъиялъ бихьизабула чиясул жанисеб рацIцIалъи, жиндир бугеб цогиязе кьезе хIадурлъи, загIипазул ургъел гIахьал гьабизе ва къварилъиялда ругезе квербакъизе бугеб бокьи. Гьелъ кумек гьабула цоцалъ гъункун, жамагIат щулалъизабун цолъизабиялъе.

Хирияб Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дуца абе МухIаммад ﷺ! Дир БетIергьан Аллагьас ﷻ, Жиндие бокьарасе ризкъи гIатIид гьабула…», - абун (сурату «Сабаъ» 39 аят). Жеги абулеб буго (магIна): «Къасиги къадги, балъгоги тIатунги жидер боцIи лъикIаб рахъалде хвезабулел чагIазе кири букIуна БетIергьанасда ﷻ аскIоб, Къиямасеб къоялъ гьезие хIинкъиги букIунаро, гьел пашманлъулеллъунги гьечIо», - ян (суратул «Бакъара» 274 аят).

Гьадинал аятаз бичIчIизабулеб буго нилъехъ бугеб боцIи-мал Аллагьасул ﷻ нигIмат букIин, Гьесда кIола цIикIкIинабизе яги дагьлъизабизе. Аллагьасе ﷻ гIоло хвезабураб жазаъ гьабичIого хутIуларо. Дунялалдаги садакъа кьеялъ ризкъиялда баракат лъезабула, ахираталде щведалги, Гьес ﷻ рагIи кьун бугеб кинниги, жазаъ гьабун нахъбусинабула ва бецIула. Инсанасул унго-унгояб бечелъи буго гьес данде гьабураб жо гуреб, ТIадегIанав Аллагь ﷻ рази гьавулеб нухда хIалтIизабиялъулъ.

ХIадисалда буго: «Сахаватав чи гIагарав вуго Аллагьасде ﷻ, гIадамазде, Алжаналде ва рикIкIадавги вуго жужахIалдаса. Къарумав рикIкIадав вуго Аллагьасдаса ﷻ, гIадамаздаса, алжаналдаса ва гIагарав вуго жужахIалде», - абун (Тирмизи).

Жиндир буголъи лъикIаб рахъалде хвезабиялъ дунялалдаги ахираталдаги баракаталде нуцIби рагьула. МухIамад аварагас ﷺ баян гьабураб буго сахаватал гIадамал жамгIияталда гьоркьорги къиматал, рокьулел чагIи рукIунин. Сахаватлъиялъ цоцазулъ бухьенал щула гьарула, божилъи бачIинабула, чияда аскIовги къадру-къимат бугевлъун лъугьинавула, Аллагьасдеги ﷻ гIагарав вукIуна.

Цоги хIадисалда буго: «Аллагь ﷻ сахаватав вуго, Гьесие бокьула кинабго ишалъулъ сахаватлъи», - абун (Муслим).

Аллагьасе ﷻ бокьула лагъас жиндихъ бугеб ракI-ракIалъ, бокьун лъикIаб рахъалде хвезабизе.

Кьеги Гьес ﷻ нилъее хIалалаб, барахщи жиндилъ гьечIеб буголъи!

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...