Аслияб гьумералде

Рамазан моцI уна…

Рамазан моцI уна…

Хирияб Къуръаналда БетIергьанас абулеб буго нужеца лъикIал гIамалал гьариялъулъ цоцаздаса цере ккезе хIаракат бахъейилан. Гьединлъидал гьаб моцIги, гьабураб гIамал нахъчIвалареб, кири цIикIкIинабун хъвалеб бугелъул, Аллагьас кумек гьабеги щивасе ахираталда батизелъун лъикIаб гIамал гьабун замана гIадада биччангутIизе.

ХIадисазда бицухъе, гьаб ккола лагъзадерил мунагьал чурулеб, Аллагьасул разилъи щолеб, жиндилъ Къуръан рещтIараб рахIматалъул моцI. Гьеб нилъедаги бихьула, ай щивас хIаракат бахъула ресалда рекъараб садакъа гьабизе, кIал биччалезе квен хIадуризе, цоцаздаса тIаса лъугьине. Къоялъул ахиралда киналго данделъула мажгитахъ, цо хъизамалъ кинниги цадахъ биччала кIал, таравихIалгун паризаял какал жамагIаталда ран гьабула гIибадат. Гьебги буго Рамазан моцIалъул хаслъабазул цояб.

Аварагасул хIадисалда буго Аллагьас абулеб бугин: «Щибаб гIамал бихьун Дица анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан кири хъвала, Дие гIоло кIал кквей хутIизегIан. Гьединаб кIалалъухъ кири хIисаб гьечIого Дицаго кьола», - ян (Бухари).

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго, лъабго къокъа гIадамазул бугин жидер дугIа къабул гьаби Аллагьас нахъчIваларел. Гьезда гьоркьов тIоцеве рехсолев вуго кIал ккурав чи. Гьедин бугелъул, паризаял каказда хадубгIаги унта-щоклъи, балагьал нахъе росагиян лъикIабщинаб гьарун дугIа гьабизе ккела.

Гьаб моцIалъ заман гIадада биччай буго цебе бугеб хазиналде квер бегьуларелъуласда релълъун. Байгьакъиясдасан бицараб хIадисалда аварагас абунин рехсолеб буго: «Цере рукIарал умматазе кьечIеб, Рамазан моцIалъулъ дир умматалъе кьураб гIамалалдаса буго щуго хаслъи:

1. Рамазаналъул тIоцебесеб сордо бачIиндал БетIергьан Аллагь валагьула жиндирго лагъзадериде, гьеб сордоялъ БетIергьан валагьарасде киданиги гIакъуба гьабиги щоларо.

2. КIал ккурасул кIалдиса бугеб махI Аллагьасда аскIоб лъикIаб ва Гьесие бокьулеб буго мискалъул махIалдасаги.

3. Гьеб моцIалъул щибаб сордо-къоялъ малаикзабаз БетIергьанасда гьарула гIадамазул мунагьал чурейилан.

4. БетIергьанас Алжаналда амру гьабула Жиндир лагъзал гIагарда ругин, гьел рачIиналде къачIан хIадурлъейин, дунялалдаса свакан рачIарал гьез Дир рокъоб хIухьбахъун лазат босизе.

5. Рамазан моцIалъул ахирисеб сордо щведалги гьезул киналниги мунагьал чурула (чIахIиял, чияда хурхарал гурел). Цояс аварагасда цIехола гьеб сордо Лайлатул къадриялъул сордойищ абун. Аварагас жаваб гьабула гурин, гьеб бугин хIалтIи лъугIун хадуб хIалтIухъанасе мухь кьолеб гIадинаб сордойилан (Байгьакъи).

Цоги хIадисалда буго, Аллагьасул ругин жиндир рахIматалдаса рикьулел сайгъатал жал щварав чи киданиги талихI къосаравлъун лъугьунарев. Нужеца гьарейила БетIергьанасда гьездаса, гьел нужее щвезе рес бугин абун.

Гьаб заман буго балагьараб бер къапилалде лъугIун унеб жо. Гьединлъидал, заманалдаса пайда босун гьаре БетIергьанасда мунагьал чурагийин, рахIматал риччайин, гьабулелда баракат лъегийин абун. Нилъеда лъала аскIов вукIарав, гIага-божарав чи хведал гьесул кинаб кумек, къимат нилъее букIарабали. Гьелда релълъараблъун бихьула гьаб хирияб гIужги, гIадада биччани, хадуб ракI бухIизе бугеб.

Аллагьас тавпикъ гьабеги заманалдаса пайда босизе.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...