Аслияб гьумералде

Дару гьечIеб унти бижичIо

Дару гьечIеб унти бижичIо

Щивав муъминчиясда тIадаб жо буго даим квешлъи малъулеб букIунеб жиндирго нафсалде данде къеркьезе, хасго Аллагьасул ﷻ амру тIубазе инкар гьелъ гьабураб мехалъ. Гьеб къеркьей цебесеб буго, хIатта загьирав тушманасде данде вагъиялдасаги.

 

Цин цо мунагь гьабизабун, цинги цогидаб мунагьалде ахIун, дагь-дагьккун инсан гьалаглъизави мурад букIуна нафсалъул. ЦохIо мунагьги кIудияб жо буго. Мунагьал гIемерлъи, гьезда даимлъи цIакъго хIинкъи бугеб жо буго. ХIадисалда абун буго: «Мунагьал капурлъиялъул чапарзаби ругилан», ай капурлъиялъул церехъаби. Нафсалдаса къун мунагь гьабун ккараб мехалъ чияс щибха гьабилеб? Мунагь гьабиялдалъун кколел квешал хIасилаздаса цIунун хутIизе тавбу гьабила.

Мунагьаб жо тезе кIоларого вугони, кIвахIалъ нахъчIван, яги гьелдаса щола бугеб лазаталъ кверде восун, яги цоги кинаб бугониги гIилла сабаблъун ракIалде щвезабизе ккола кинабго гьоркьоб къотIизабулеб, лазат-кеп биххизабулеб, чара гьечIого тIаде бачIине бугеб хвел. Хвалица чIаголъи чIунтизабула. Хвезе гьечIев чиги гьечIо. Тавбуги гьабичIого вукIаго хвел тIаде бачIани щибилеб. Чара бухIулаха гьеб мехалъ. ГIемерисел гIадамал холла мунагьал гьариялда гIумру тIамулаго, тавбу гьабизе лъачIого, ургъичIого, регIичIого, хадуб гьабилин тун, жеги заман бугилан чIун. Заманин абуни, бихьулищха букIунеб гьечIеб.

Гьаб хIалалда хварав захIматаб бакIалде иш ккарав чи вукIуна. Кодоблъиго гьечIого чIового хутIарав чи – гьеле гьев. Гьединавлъун ккезе, кантIизе мисалалги цере рукIаго, чIагояв чи чIезе бегьиларо.

Тавбу гьабунгутIиялъе гIилла, мунагь кIудияб букIун, Аллагьас ﷻ гьеб къабул гьабиялдаса хьул къотIи батани гьеб къосараб пикру буго. Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса хьул лъилго къотIизе бегьуларо. Гьеб жибго буго кIудияб мунагь. Гьелдасаги доб мунагьалдасаги кIиялдасаго тавбу гьабизе ккола. Аллагьасул ﷻ рахIмат киназего гIаммаб, гIатIидаб букIинги лъазе ккола. ГIасилъарал чагIаздехун Аллагьасул ﷻ гурхIел, гIакъубаялдаса цебе ккараблъун буго. Аллагьасе ﷻ рецц.

 

ХIажи ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...