Аслияб гьумералде

Аслияб кIочон тоге

Аслияб кIочон тоге

Аслияб кIочон тоге

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Щиб мунпагIатхайир бугеб Аллагьасе нужее гIазаб гьабиялдалъун, нужеца нигIматазеги нигIматал кьурав БетIергьанасеги шукру гьабуни? Аллагь вуго, кьурал нигIматазе мукIурлъун Жиндие лагъас шукру гьабуни, гьелдаса разилъун, дагьаб букIаниги лагъас гьабураб гIибадаталда данде цIикIкIун ажру-кири кьолев ва шукру гьабулелги гьабуларелги Жинда лъалев», - ян (сурату «Нисаъ», 147 аят).

ГIали асхIабас бицун буго: «Нужее нигIматазул дагьаб бугониги бутIа щвараб мехалъ, шукру гьаби теялдалъун нужеца гьелда хадуб бачIине бугеб тIуризе гьабуге», - ян.

Нилъер гIадат буго, кинаб нухалдалъун бугониги, тIаде нигIмат щвараб мехалъ нилъерго бажариялдалъун гьеб щварабинги ккун, шукру гьаби кIочон толеб. НигIмат киса щварабалиги кIочон тун гьеб хIалтIизабидал тIурулин доб хадуб бачIине бугеб нигIматин абураб магIнаги буго рехсараб хIадисалъул. Хирияб Къуръаналда буго (магIна):

«Дир тIадегIанлъиялдалъун Дица нужеда лъазабулеб буго нужеца (кьурал нигIматазе) шукру гьабуни Дица (гьеб) цIикIкIине гьабила, шукру гьечIеллъун ругони Дица гIазаб гьаби захIматаб буго», - ян (сурату «Ибрагьим» 7 аят). Бищун кIудияб Аллагьас нилъее кьураб нигIматги буго, нилъеда букIине кколедухъ шукру гьабун бажаризе гьечIеб, нилъер дин – Ислам.

Аварагасдаса бицараб хIадисалда буго тIоцере алжаналде лъугьине ругел чагIи ругин жидеца кинаб хIалалъулъ ругониги БетIергьансе шукру-рецц гьабулел чагIиян. Цогияб риваяталда буго гIатIилъиялдаги къварилъиялдаги Аллагьасе рецц гьабулел чагIи абунги. Киналго нигIматазеги жидеда рекъараб шукру гьаби букIуна. ЦохIо «АлхIамдулиллагь» абураб рагIиги киналниги нигIматазе шукрулъун бугинги буго цогидаб хIадисалда.

Балагь-къварилъи тIаде щведал гурони Аллагь I ракIалде щолареллъун рукIунге
Бицуна цо нухалъ ТIадегIанав Аллагьас Муса аварагасда абунин Дица жужахI бижичIила Дун бахилав яги гIазаб гьабизе бокьулевлъун вукIун, кинниги Дие бокьичIин квешаб гIамал гьабун ругел Дир амруялъе мутIигIлъуларелги, Дие I гIибадатгIамал гьабун лъикIлъиялда ругел вализабиги цо рокъор, цо хIалалда данде гьаризе», - ян.

«РухIул баяналда» хъвалеб кинниги шукру гьабулев ва унго-унгояб куцалда иманалъул нухда хьвадулев чи хвасарлъула жужахIалъул цIедаса, гьеб гьаби кIочон таравги вукIуна живго жинцаго жужахIалде рехулевлъун. Бугелдаса пайдаги босун БетIергьан гьеб кьолевлъун вукIин кIочон тарасдаса талихI къосаравги щивха вукIинев? Аллагьас цIунаги.

Абула БетIергьанас жужахI бижиялъе хIикмат бугин Жиндир къудрат кIодолъи, тIадегIанлъи лагъзадерида лъазаби. Гьелдалъун гIадамал мунагь, гьукъараб гIамал гьабизе хIинкъараллъун рукIине ва бугелда шукру бугеллъун рукIине. БетIергьан Аллагьас нилъ гьареги бугелдаса пайда босулеллъун ва гьелъухъ БетIергьанасе шукру гьабулел лагъзадеридаса.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...