Аслияб гьумералде

Инсан кiодо гьави

Инсан кiодо гьави

Исламалъул кIвар бугел тIалабазул цояб ккола бусурбабаздехун гурхIалилаб балагьи ва гьоркьоблъи гьаби. Гьезул цонигияв гIодовегIанавлъун ва хIакъиравлъун вихьизеги бегьуларо. Щайгурелъул Бичасул аврагас r Абубакаридехун вуссун абуна: «Бусурбабазул цонигияв хIакъир гьавуге дуца, бусурбабазул гьитIинавги Аллагьасда цеве кIудияв вуго», - ян.

Гьаб суал буго нилъеда жаниб жиндехун кIвар гьаби загIипаб. Щайгурелъул нилъ щибго нахъе къаларо бокьарав бусурбанчи хIакъир ва сансикъ гьавизе. Гьа, гьевали гьадингояв чи вугинги абун, бигьаго квер хьвагIун тола. Гьедин гьаби исламалъул тIалабалъул гIаксияблъун ккола. Кинаб къагIидаялдаха инсанасдехун, бусурбанчиясдехун гьабизе рекъараб бугеб гьоркьоблъи?

Гьелъие буго цIакъго бигьаяб жаваб. Дудехунго кинаб гьоркьоблъи цогидаз гьабизе бокьулебали балагьун, гьединабго къагIидаялда цогидаздехунги гьаби буго. Жиндехун хъачIго кIалъазе, чорокал рагIаби абизе бокьулев ва гьелда разилъулев чи цониги ватиларин ккола. Гьедин, жиндиего бокьулареб куцалъ цогидасда кIалъай гьев чиясул тIабигIат квешлъилъун ккола. Сайфуллагь-къадиясул «Канзул магIариф» тIехьалда хъвалеб буго, Аллагьу ТагIалаяс жиндир лагъасдехун гьабулеб гьоркьоблъи бараб бугила, гьес цогидал бусурбабаздехун гьабулелда.

Цогидаздехун гьев хъачIав ва согIав ватани, Аллагьги гьесдехун гьединго вукIунила. Балагьеха, диналъул вацал, нилъер цогияздехун букIунеб тIабигIат ва хьвада-чIвади кинаб батаниги, гьединабго букIунеб буго нилъедехун БетIергьанасулги балагьи. Нилъедего Бичасул лъикIаб бербалагьи бокьани, гьесул махлукъаздехун лъикI рукIине кколел руго. ХъачIлъи, согIлъи, гIадамазе ваччизе захIмалъи, тIабигIат квешлъи кутакалда какун буго.

Хирияб хIадисалда буго: «Алжаналъул агьлу ккола жиндирго агьлу-хъизамалъе, жиндие мутIигIазе ва киналго бусурбабазе бигьаяв ва тамахав чи. ЖужахIалъул агьлу ккола жиндир агьлу-хъизамалъе хъачIав чи», - ян.

Балагьеха бусурбаби, хъачIлъигун согIлъиялъ жужахIалдеги рачунел руго. Аллагьасул лагъзаллъун ругел гIадамаздехун хIеренго вукIин, недегьлъи гьаби кколеб буго БетIергьанасул гьабулеб хIурмат. Гьединлъидал, бусурбабаздехун гьабулебщинаб лъикIлъи ва адаб ккола Аллагьасе гьабулеб хIурмат ва тIагIат. Тавпикъ кьеги киназего бусурбабаздехун тIадагьго ва хIеренго гьоркьоблъи цIунизе!

Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...