Аслияб гьумералде

Басриябги, цIиябги, цIар тарал гIадамалги

Басриябги, цIиябги, цIар тарал гIадамалги

Басриябги, цIиябги, цIар тарал гIадамалги

АнцIгоялдаса цIи-кIкIун соналъ цебе, МахIачхъалаялъул Приморский районалда, ралъдал рагIалда букIинчIо я хIалхьиялъе, я спорталъе, хIатта эркенго хьвадиялъегицин рекъон кколеб квегIенлъи. ГIадамал абуни, соналдаса соналде тIаде ралел минаби ва гIолеб шагьарги букIун, гьенир гIемерлъана.

 

 

 

 

Гьезда гьоркьор дагьал рукIинчIо тIабигIаталъ кьураб бечелъи-ресалдаса пайда босизе гъира бугелги. Дагь-дагьккун гIуцIизе лъугьана гьединал жигарчагIазул къокъаби. Гьез абуни байбихьана ралъдал рагIалда гIадатиял, жидецаго ургъарал инвентараздалъун дагьалго квегIенлъаби гьаризе. ТIаделъана турникал, бруссал ва цогидалги спорталъе хIалтIизарулел жал гьаризе.

Гьединаздаса цо, аслиябин абизе бегьулеб, спорталъулаб бакIлъун ккана, гьанжеги жиб цIунараб, жакъа-метер биххизе хIадурулеб, «Мавра-Тур» гIуцIиялъ лъикIго жиб къачIалеб бугеб бакIалда гьабун букIараб спортбазаги. Гьал суратазда нилъеда бихьула кIиго батIияб база. Цояб гьениб буго цIуладаса данде гьабун букIараб. Гьеб ишалъе цебехъанлъи гьабуна ва жиндир квераз гIемерисеб хIалтIи тIубазабун букIана мунагьал чураяв, Шамил районалъул КъахIиб росулъа МухIамадтIагьир Закировас. ЦIакъ гIемераб захIмат бихьун данде гьабуна гьес гьеб цIакъго жиб хIажалъун букIараб бакIалъе къваригIараб цIулги, кутакаб гъираялда ва тIаделъун гьабулаан хIалтIиги. Гьайгьай, цо-цо мехалда кумекалъе къокъацоялги ратулаан, амма аслияб хIалтIи М. Закировас гьабуна. Гьелда цебе МухIамадтIагьирица гьабун букIана, гьенире унаго нухда батулеб, шагьаралъул канализациялъул «гIоралда» тIад саламатаб кьоги. Гьединав, гIадамал разияв, гIаммаб кIваралъул ишазе хIадурав чи вукIана МухIамадтIагьир. Араб соналъ гьев гIумруялдаса ватIалъидал гьудул-гьалмагълъиги, гIагарлъиги, ракьцоялги данделъун гьениб рагьун букIана гьев ракIалда щвеялъе мемориалияб хъарши, гьабун букIана лъикIаб гIодорчIей.

Басрияб ва заманалда данде кколареб гьеб комплекс цIигьабулеб буго, цIияб ва квегIенаб спорталъул къайиялъ хисулеб буго кинабго. Гьеб лъикIаб иш тIаде босун тIубазабулеб «Мавра-Туралъе» баркала кьолеб буго гьеб бакIалде руссунел ва сахлъиялъеги черх лъадариялъеги рачIунел гIемерал гIадамаз. Бицана цIидасан гьабураб комплексалда МухIамадтIагьир ракIалда щвеялъе гьабураб хъарщиги цIунизе бугин, гьеб квегIенаб ва санагIалъаби гIураб бакIалда мунагьал чураясул цIарги лъезе бугилан. Гьедин гьаби битIарабги букIина, лъикIал гIадамалги гьезул ишалги ракIалдаса ине тезе бегьуларо.

 

ГIали МухIамадов, МахIачхъала

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...