Аслияб гьумералде

Шукруялдалъул щула гьаре нигiматал

Шукруялдалъул щула гьаре нигiматал

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги ана нилъедаса хирияб рамазан моцI. Гьелда жаниб гьабураб гIамал щивасда жинда жиндаго лъикI лъала. Аллагьас къабул гьабеги кинабго гIамал, гьелда жанир ккарал гъалатIал-мунагьалги чураги БетIергьанас. Гьабураб гIибадаталдасаги, гьелда жанир ккарал мунагьал цIикIкIун ккун ратила нилъер. Кинабго ишазул кверщел жиндихъ бугеб БетIергьанасул амру гьечIого дунялгIаламалда щибго жо лъугьунарелъул нилъее рахIматлъун кьураб тавбуялъул нуцIида кIетIелел рукIинин кидаго.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Рецц Аллагьасе исана нилъее рес щвана таравихIалги разе, мажгитаздеги хьвадизе. Гьелъул тIагIам исана цIикIкIун лъана киназдаго, щайгурелъул араб соналъ вабаалъул унти багъариялъ нилъее рес ккечIелъул гьелдаса пайда босизе.

Гьелда жанибги гIемераб хIикматги, маслахIатги батила нилъеда лъалебги жеги гIемер лъаларебги. Бищунго кIудияб хIикматги ккола бокьараб заманалда гьеб нилъехъа кодоса борчIизе рес букIин мухIканго бичIчIи ва лъай.

ГIумруялъул саназде рахарал гIадамазда цIакъ лъикI ракIалда буго дин гьабизе гьукъараб заманалъул лахIзатал. Диналъул ахIкамал тIураялъул иш кинго загьир гьабизе рес гьечIеб, хIатта гьединаб ишалъухъ тамихIалде ва гIакъубаялде инсан цIалев букIараб заман.

Гьелдасанги бусурбанчиясе захIматаб жо щиб букIунеб. Квералги хIатIалги рухьун, кIалдибгун гIундузда печатги чIван теялдасаги захIматаб хIал гьечIиш гьеб.

КIал кквезени щиб гурин биччалеб букIараб, нагагь гьеб ккун батани биххизе букIине хIал гьабун лъим гьекъезе тIамулеб букIараб заманаги гьедигIанго цебегIанго гьечIо.

Гьединги букIун, киналго ресалги кьун, бокьухъе дин гьабизе, гIелму цIализе ресалги кьун тун хадуб нилъеца тасамахIлъи гьабуни гьеб нигIмат нахъе босиялда кIудияб хIинкъи букIуна.

Дагьаб гIакъубайищ бихьараб нилъер умумузда дин цIунулаго. Дагьаб къварилъийищ гьез хIехьезе ккараб. Гьелъие гIоло жидер гIумру ва сахлъи къурбан гьабуралги гьечIищ нилъер умумул.

Балагье гьаб заманалде. ГIадамазул хьвадиялъухъ балагьараб заманалда бихьулеб буго щибго къимат гьечIолъи. Аллагьас кьурал ресаздасан пайда дагьго гурони босулеб гьечIо. Дунялалъул цебетIеялда хадур лъугьун унеб буго гIазизаб гIумро. Кинавго чияс тIалаб гьабулеб буго дунялалдаго алжан. Гьеб букIинабиялъул мурадалда хвезабулеб буго жиндир бугебщинаб магIишат, сахлъи ва тIубараб гIумруги. Ахирги гьебги щвечIого хун уневги вуго.

Дунялалда ругел рахIатаздаса тIубанго инкар гьабейин абулеб мех гуро. Гьел киналго санагIатал БетIергьанасе гьабулеб гIибадат цIикIкIиналъе сабабалъе хIалтIизабейин абизе бокьун буго.

Балагье гьаб заманалда гIадин мажгитахъ хинлъиги ва цогидал санагIаталги кида рукIарал. Дагъистан бахун къватIирехун кир гьел ругел. ЦIакъ дагь руго гьединал бакIал. РукIиналъул пайда щиб гьеб хIалтIизабулеб гьечIони. КигIан хириябги санагIатабги машин букIиналъул кинаб пайда гьеб хIалтIизеги гьелдаса пайда босулеб гьечIони.

РачIа диналъул вацал, Аллагьас кьурал ресаздаса пайдаги босун, БетIергьанасе шукру цIикIкинабилин! Аллагьас кумек гьабеги нилъее киназего!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...