Аслияб гьумералде

КЪУРЪАН ВА РИКIКIЕН

КЪУРЪАН ВА РИКIКIЕН

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Нилъер умматалъе кьурал бищунго кIудиял рахIматазул цояб ккола хирияб Къуръан. Гьелда жаниб данде гьабун буго церехун рукIаразулги, жеги хадур рачIине ругезулги гIелмаби. Гьеб буго нилъ, ай бусурбаби ритIун хьвадиялъе бугеб нух бихьизабулеб киналго къануназул аслуги. Гьелда жанир ругел хIикматал гьаб нилъер заманалде щвезегIан загьирлъаралги руго, жеги загьирлъичIелги руго, къиямасеб къо чIезегIан загьирлъулел рукIинеги руго. ГIелмиял хIикматал Къуръаналда ратиялъул хIасилалда ислам къабул гьабурал гIалимзабазул сияхIги гIезегIан халатаб буго.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

Хирияб Къуръаналда БетIергьанас абулеб буго:

قُل لَّئِنِ اجْتَمَعَتِ الإِنسُ وَالْجِنُّ عَلَى أَن يَأْتُواْ بِمِثْلِ هَذَا الْقُرْآنِ لاَ يَأْتُونَ بِمِثْلِهِ وَلَوْ كَانَ بَعْضُهُمْ لِبَعْضٍ ظَهِيرًا

МагIна: «Дуца абе, авараг, Къуръаналда релълъараб жо гIуцIизе инсалги жиналги данделъаниги бажаруларин, кигIан гьез цоцазе кумек гьабуниги», - ян.

Къуръаналда буго 114 сура ва 6236 аят. Къуръан бикьун буго 30 жузалде, ай бутIаялде, гьелги рикьун руго 60 хIизбуялде. Къуръаналда буго 1015030 тIанкI, 323670 хIарп ва 77934 рагIи.

Къуръаналъул сураби рикьула кIиго бутIаялде. Маккаялда авараг вукIаго рещтIарал аятазда абула Маккиял абун. Гьезул буго 87 сурат.

Мадинаялде гьижра гьабун хадур рещтIаразда абула Маданиял абун. Гьезулги буго 27 сурат. Къуръаналда анлъго сура буго аварагзабазул цIаралда рачIарал. Гьелги ккола МухIаммад r, НухI, Ибрагьим, Гьуд, Юсуф ва Юнус абурал суратал.

ТIоцебе рещтIараб сурат ккола «ал-ГIалакъ». Бищун ахиралда рещтIараб ккола «ан-Наср». Къуръаналъул бищун халатаб сурат ккола «ал-Бакъарат». Гьелда жаниб буго 286 аят. Бищун къокъаб сураги ккола «алКавсар». «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда рехсон буго 2707 нухалда.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...