Аслияб гьумералде

АхIулгохIде зиярат

АхIулгохIде зиярат

Хирияб рамазан моцI байбихьилалде Шамил районалъул къелдерил росабазул жамагIатаз сапар бухьана АхIулгохIде. Гьелда гIахьаллъана шагьаразда, хъутабазда, ай росу бахун къватIир ругелги.

 

Гьенире щведал АхIулгохIалъул тарихалъул бицана гIалимчи ГIусман-хIажияс.

- Биялъ хъвараб тарих буго АхIулгохIалъул. Гьединлъидал жакъа нилъеда тIадаб буго гьелъул тарих мухIканго лъазе ва бахIарзал кидаго ракIазулъ цIунизе, гьезие дугIа гьабизе, - ян бицана гьес.

Гьединго кIалъазе рахъараз гьабуна вагIза-насихIатал, бицана гIолеб гIелалде кIвар кьезе кколеблъиялъул, цоцазул гьаризе кколел адабазул хIакъалъулъ.

ЛъикIаб кIалъай гьабуна районалъул имам ГьитIинажоев ГIизудиницаги. Гьес абуна машгьурав гIалимчиясул эбелалъ бицун бугин жинца какичурун гурони лъимадуе керен кьолеб букIинчIин абун.

- Жакъа ругодайха гьединал руччаби нилъеда гьоркьор. Гьобол гIадин гурого лъималазде регIуларев рос вугеб мехалда, лъималазе тарбия кьеялъул иш тIаде ккола эбелалде. Исламияб диналъин абуни кутакалда кIодо гьаюн йиго чIужугIадан. Гьединлъидал гьелда кIвезе ккола рос хIарамалдаса цIунизе, хIалалаб гурони рокъобе бачIунгейилан абизе, - ян бицана ГI. ГьитIинажоевас.

Ругъелда росдал школалъул директор М. Къурбановас ракIалде щвезавуна 18-абилеб гIасруялда вукIарав Сомодаса гIалимчи Теруч, тарихалъул учитель М. ГъазимухIамадовас бицана Шамилил наиб Ругъелдаса МухIамадиласул гIумруялъул хIакъалъулъ. Къелдерил бегавул Гь. ГьитIинамухIамадовасул кIалъай буссараб букIана гъазаваталда рухIги кьун бахIарчиго къанщарал нилъер имамзабазулги, гьезда хадур рукIаразулги тарих нилъеца цIунизе ва хадусел наслабазухъе кьезе кколин абураб пикру загьир гьабиялде.

Данделъи нухда бачарав ругъелдисезул имам Аюбица, АхIулгохIда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназулги бицун, ракIалдещвезаруна бихьиназул ретIелги ретIун бахIарчиго рагъарал руччабиги.

Ахиралда АхIулгохIалъул бицунеб памятник-музеялъулгун лъай-хъвайги гьабуна ва гьенир накълулъаразе дугIа-алхIамги гьабуна.

 

 

Сайпула ГьитIинамухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...