Аслияб гьумералде

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Баркала, тохтурзаби

Дагьаб цебе дун вегун вукIана Шамил районалъул ТIидиб росдал больницаялда. Гьениб дидехун букIараб бербалагьи бихьидал пикру ккана, казият гьоркьоб ккун, больницаялъул коллективалъе баркала загьир гьабизе.

 

Аллагь разилъаги больницаялъул хIалтIухъабаздаса. Гьединал рукIине ккела тохтурзаби. Дун цIикIкIарав чи вуго. Чанги бакIалдеги ккана, гIемераб жоги бихьана. Амма гьенир ратарал хIалтIухъабаздаса разилъана. Гьединлъидал бокьун буго баркала загьир гьабизе больницаялъул бетIерав тохтур ХIайбулагьие, тохтур, ХIотодаса ПатIиматие, медсестра, ТIидиса ПатIиматие, Марьямгун Хадижатие, богогьабазегун тIолабго коллективалъе. Дун нужедаса рази хутIарав кинниги Аллагьги разилъаги нужедаса.

 

ТIасаколоса Гъази ХIажимухIаммадов 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...