Аслияб гьумералде

Дуе нух битIаги...

Дуе нух битIаги...

Дуе нух битIаги...
Дуе нух битIаги, гендерил будун,
Билал-асхIабасда гьаракь релълъарав.
Бичасул къадар щун анин рагIидал,
Ана босун гIакълу, къварилъана ракI.
КъвакIарав, яхI бугев гендерил будун,
БачIарабищха къо, къадар лъугIараб.
Къанал дуда чIвалеб, ракьулъ вукъулеб,
Росдал агьлуялъе къо-лъикI гьабулеб.
БецIаб лахIту дуе нурлъун гвангъаги,
Къуръаналъул нуралъ бецIлъи тIагIаги. 
Мункар-Накирасе жаваб кьеялъе
АхIарал каказул кумек дуй щваги.
Дуе нух битIаги, гIазизав будун,
Мажгиталда жаниб гIумру тIамурав.
ТIадегIанаб Калам - Къуръанул Карим
Кодоса кидаго камизе течIев.
ГIусманил МухIаммад - гендерил будун,
Бичасул шаригIат цIунараб росдал.
Билал гIадав будун нижер вукIарав,
Дуе нух битIаги ахираталде.
Зигара бан назму хъвазе лъугьиндал,
Гьинал ракI гIодана, магIу чвахана.
МагIилаб чIегIераб щакъиялъ хъвазе
БокьичIого нахъе бахъун букIана.
Бищунго цебесеб гIагарлъиялда,
ГIагараб росдада, росуцоязда,
Расуласул будун - Билал гIадинав
Будун гьев вукIанин бице киназго.
АнцIила ункъо сон цадахъ тIамураб,
Цо рагIи абун ракI бакъвазабичIев.
РакI-ракIалъ эменлъи, вацлъи гьабурав,
Гьалмагъ мун вукIиналъ кIолеб букIинчIо.
Дуе нух битIаги, хирияв гьудул,
Хирияб ахират - Жаннатул фирдавс.
Жаннаталъул кавсар, расуласул хIавз,
Аллагьас дуе гьел насиб гьареги. 

Росдал харабазул совет

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...