Аслияб гьумералде

ХIебда гIалимзабазул мажлис

ХIебда гIалимзабазул мажлис

Шамил районалъул ХIебда росулъ, М. ГьитIиновасул цIаралда бугеб хIухьбахъиялъул паркалда, тIобитIана республикаялъул гIалим-забазул мажлис. Гьелда гIахьаллъизе росабалъа рачIун рукIана гIемерал чагIиги. Жиндир баракат щваяв СагIид-апандиясул тавбуги цIалун, хIафиз Шамилица Къуръаналъул аятги цIалун, ХIабиб-хIажияс нухда бачана гьеб.

ШаригIаталъул гIелма-базул доктор Рамазанов МухIамадгIарипица бицана республикаялда ригьнал риххулел рукIиналъул хIакъалъулъ. Гьелъие гIиллалъун гьес рехсана рос-лъадул гIагарлъи гъорлъе лъугьинги, гьитIинаб къоялдаса битIараб тарбия щолеб гьечIеблъиги, хасго ретIунебги кунебги хIалалаб букIунгутIи. Гьес кIвар буссинабуна рос-лъадуда гьоркьоб ккараб гIисинаб дагIба-рагIи тIаса лъугьун тезе ккеялде, дагIба-рагIи ккедал гIедегIичIого, цин имамасухъе ун дандбазеги ккеялъул.

ТIарикъаталъул бицун кIалъана шаригIаталъул гIелмабазул доктор Ацаев ГIабдула-хIажи. ТIарикъат гьабизе кколила Аллагь разилъиялъе гIоло, гьев тIаде балагьун вугев гIадинилан абуна гьес. Бусурбабазул бугила чанго тайпа. Жал бусурбанал ругилан абулел, амма паризаял рукнабигицин тIубаларел, парзалъул рукнаби тIуралел, амма цоял какулел, бугьтанал лъолел, бикъа-хъами бугел. Хвараб мехалъ гьезул гьабураб лъикIаб гIамал рагIи рехаразги, бикъа-хъамуразги гьезухъа жидеего босун, гьел чIорого хутIулила. Гьелдеги кIвар буссинабун ва гIалимзабазги устарзабазги малъаралдаса кьуризе бегьуларила бусурманчи.

ЦIакъ пайдаяб кIалъай гьабуна шаригIаталъул гIелмабазул доктор МухIамадхIажи МухIамадовас. Гьес кIвар буссинабуна нилъехъе рачIунел туристал гIемерлъиялда бан, гьезулгун берцинаб гьоркьоблъи гьабизе, гьезда дагъистаниязул гьобол хиралъи бихьизабизе ва аслияб жо, бусурбанчиясе хасиятал киналго лъикIал гIамалал рихьизаризе ккеялде. Гьелдалъун гьезда бичIчIизе рес бугила ислам кинаб дин бугебали ва жакъа къабул гьабичIониги, метерисеб къоялъгIаги гьезул ракI цIазе бугила исламалде. Гьединго бегьила щибаб росдал тарих, лъикIал гIадатал гьезда рихьизаризе яги гьелъул бицунел хъвай-хъвагIаял росулъе рачIунелъуб чIвазе.

КIалъазе вахъарав районалъул бетIер М. ХIасановас гIалимзабазе баркалаги кьун абуна, гьадинаб мажлис хIажат букIанин, гьаз бицаралда районцоялги нахърилъине ккелин. Ахиралда киналго гIахьалчагIазе бикьана къадекванил нигIматал жанир ругел къучIбиги.

Сайпула ГьитIинамухIамадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...