Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул тарихалда тIоцебесеб

Дагъистаналъул тарихалда тIоцебесеб

Спорт – ракълил вакил. Спорт ккола инсан лъадарулеб, гьесда жаниб чIаголъигун сахлъи бижизабулеб иш. Бокьараб рагъа-ракари лъикIаб бугин абула нилъеда тохтурзабазги гIодорериччан чIеялдаса.

 

Гьеб ахIиялъе жавабги гьабун Дагъистаналда гьоркьо-гьоркьоб тIоритIула спортивиял къецал. Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул цIаралда халкъалда гьоркьосеб столалда тIад теннис хIаялъулаб турнир. Гьелъул хаслъиги букIана сакъатазда гьоркьоб тIобитIулеб букIин. Ай рахъун чIун рилъине кIоларел, коляскаялда ругел спортменазда гьоркьоб.

Кинав вугониги жиндир сахлъиялъе сакъатI ккарав чиги ккола нилъер жамгIияталъул мухъилав. Гьездехун букIине кколеб бербалагьи гьабиги ккола нилъер налъи. Унта-щокълъиялдаса божи бугев чи щивниги вукIунарелъул, гьезулги нилъеца цIунизе ккола букIине кколебгIанаб хIурмат.

Турниралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул ва цогидал улкабаздаса спортсменаз. Турнир рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна живго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясгун МахIачхъала шагьаралъул нухмалъулев Жамбулат Салавовас. Жиндирго кIалъаялда АхIмад-афандиясде хитIаб гьабулаго абуна: «Нужерго мисалалдалъун кумек гьабулеб буго нужеца цогидазе жидерго гьунаралда божизе, рес кьолеб буго гIумруялъул жеги тIадегIанал даражабазде рахине», - ян. Ахиралдаги гьес ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна гьеб турнир гIуцIиялъе сабаблъун ккарав муфти, шайих АхIмад-афандиясе.

 

 

 

 

 

 

Турниралъул хIурматиял гьалбадерида гъорлъ рукIана Россиялъул столалда тIад теннис хIаялъул федерациялъул президент Ольга Семенова, Дагъистаналъул физическияб культураялъул министр Сажид Сажидов, диниял церехъаби, спортсменал, СВОялъул гIахьалчагIи ва цогидалги.

Турниралда бергьенлъи босаразе кьуна къиматал сайгъаталгун дипломал.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...