Аслияб гьумералде

Аварагасе ﷺ ритIухъав

Аварагасе ﷺ ритIухъав

Аварагасе ﷺ ритIухъав

МусгIаб ибну ГIумайр ккола МухIаммад Аварагасул ﷺ асхIабзабазул цояв. Исламалъул тарихчагIаз гьесул гIолохъанлъиялъе сипат гьабулаго абула гьев вукIанин Маккаялъул агьлуялъул бищун махI берцинавлъун. Жеги абула гьесдаса бугеб мискалъул махIалдасан Маккаялъул агьлуялда гьев ватIа вахъизе лъалаанин абун.

 

Гьев гьавуна НугIмат абураб бакIалда. Гьесул инсуда цIар ГIумайр ибну Гьашим, эбелалда - Хунас бинт Малик букIана. Гьел рукIана бечедаб, рес бугеб хъизамалдаса. Гьединлъидал МусгIаб вукIана гогьавлъун. ГIадамазда гьоркьоб МухIаммад авараг ﷺ загьирлъанин ва гьев асхIабзабигун цадахъ Аркъам ибну Абу Аркъамил рокъор данделъулин хабар тIибитIидал, МусгIабица гьениве ине хехлъи гьабула. Аркъам ибну Абу Аркъамил рокъоб Аварагас ﷺ дандчIвай гьабулаан, гьезие Къуръан цIалулаан ва гьелгун цадахъ какал ралаан. Гьеб сордоялъ МусгIабида рагIула Аварагасде ﷺ рещтIарал цо-цо аятал. Гьезул магIна гьесул рекIелъе бортула ва анцIила анкьго сон барав МусгIабица ислам босула. Гьеб къоялдаса байбихьун МусгIаб ибн ГIумайрил гIумру кьучIдасанго хисула.

МусгIабил эбел йикIана къуватай гIадан, гьес гьелъул адаб-хIурмат гьабулаан. Гьев хIинкъун вукIана эбелалда гьес ислам босун букIин лъаялдаса ва гьей гьевгун дагIбадиялдаса. МусгIабица ислам босун букIин бахчун тезе къасд лъуна. Цин-цин гьев хьвадулаан Аркъамил рокъове Авараггун ﷺ гIодов чIезе. Гьев вохун вукIана Аллагьасде ﷻ ва Аварагасде ﷺ лъураб иманалдаса ва гьебгун цадахъ цIодорлъунги вукIана эбелалъул ццим бахъиналдаса. Кинниги Маккаялда балъгояб жо гIемер мехалъ балъго хутIулароан. Цо къоялъ мушрикиназул цояв, ГIусман ибн ТIалхIатида вихьула МусгIаб Аркъамил рокъове унев, цоги нухалъги вихьула гьенив как балев. Гьеб мехалъ гьес хехлъи гьабула МусгIабил эбелалда кинабго бицине. МусгIаб рокъове вачIиндал, эбелги мушрикиназул цо-цоялги ратула гьесухъ ралагьун чIун. Цевеги эхетун гьезие Къуръаналъул аятал цIалула гьес. Ццим бахъарай эбел йортула гьесул нуралъул цIураб гьурмада хъат кьабизе, амма Аллагьас ﷻ толаро гьесда гьеб щвезе.

Васас ислам босун букIин лъараб мехалъ Хунасица гьев жиндирго ирсалдаса ватIа гьавула. МухIаммад Авараггун ﷺ дандчIваларедухъ гьелъ гьев рокъов жанив тIамула, хъаравулги тола. Муъминзабазул цо къокъа гьижра гьабун ХIабашаталде унел ругин хабар рагIидал, МусгIабица цо хIиллаги гьабун, эбелги хъаравулги гъапуллъараб заманалда хIаракат бахъула туснахъалдаса ворчIизе ва гьелгун цадахъ ХIабашаталде ине.

Мугьажирал Маккаялде руссиндал МусгIаб уна Авараггун ﷺ ва асхIабзабигун дандчIвазе. Турараб, рукъи бараб жилбабги ретIун гьев вачIунев вихьидал асхIабзабазул берал магIил цIола. Гьезда ракIалде щола дов цеве вукIарав МусгIаб, берцинаб ретIелги ретIарав, берцинал махIалги гьарурав. Кинниги Авараг ﷺ гьимула ва гьес абула: «Дида гьав МусгIаб вихьана, Маккаялдаги вукIинчIо гьев гIадин эбел-инсуца лъикI хьихьарав вас, цинги Аллагьасеги ﷻ Аварагасеги ﷺ гIоло гьеб кинабго рехун тарав».

 МусгIаб ибн ГIумайр вукIана лебалав, цIакъ цIодорав вас. Аварагас ﷺ Мадинаялда ислам тIибитIизабизе чапарлъун витIизе тIаса вищула гьев. Мадинаялде щведал МусгIабида гьенир БайгIатул гIакъибаталда къотIи гьабурал анцIила кIиго бусурбанчи гурого ватуларо, амма гьоркьоб гIемерал моцIал иналде, гIемерисеб Мадинаялъул агьлуялъ ислам босула. ТIасияб соналъул хIежалъул заман щведал, МусгIаб лъабкъоялда анцIила лъабго бусурбанчиги вачун, Аварагасда ﷺ дандчIвай гьабизе уна. Гьениб Аварагас ﷺ абула: «Дица нужедехун байгIат гьабулеб буго, нужеца дидаса нахъчIвазе нужерго руччабаздасанги лъималаздасанги нахъчIвалеб жоялдаса», - ян.

Гьез Авараг ﷺ разияб жаваб гьабуна. Гьелдалъун кIиабилеб БайгIатул гIакъибатги тIубала. Цинги гьел жидерго мугIалим МусгIабгун цадахъ Мадинаялде нахъруссуна.

Чанго соналдаса асхIабзабигун цадахъ Авараг ﷺ Мадинаялде вачIуна. Аварагас ﷺ къурайщиялгун гъазават гьабизе къасд лъола. Жиндирго берцинаб, хъахIаб байрахъ гьес МусгIабихъе кьола. Вохарав МусгIаб, гьеб байрахъги босун, бода цеве вукIуна. Гьеб къоялъ гьес кутакаб бахIарчилъи бихьизабула. Бадруялъул гъазаваталда бусурбабаз бергьенлъи босула. УхIудалъул гъазаваталдаги Аварагас ﷺ тIаса вищун МусгIабихъе кьола байрахъ. Байрахъги босун Аварагасда ﷺ цеве унев вукIуна гьев. Рагъ кутаклъараб мехалъ, къурайщиязул тIаде кIанцIиги гIемерлъидал, бусурбабазул бо бикьа-биххун ккола. Кинниги МусгIаб Аварагасул ﷺ хьибилги ккун вукIуна. Ибну Къамиат абурав мушрикиназул чодухъан вуссуна МусгIабидехун ва хвалчен кьабун байрахъ ккун букIараб кваранаб квер къотIула, байрахъги гIодобе бортула. Хадуб МусгIабица квегIаб квералъ гьеб борхула. Нахъвуссун ибну Къамиатица гьесул квегIаб кверги къотIула. Цинги МусгIабица байрахъ кIигъуждуз ккола. Гьеб мехалъ ибну Къамиатица хвалчен гьесул каранлъ къазабула ва МусгIаб шагьидлъун ракьалде вортула. Бергьенлъиги босун къурайщиял нахъруссуна.

МусгIаб вукъизе бусурбабаз байбихьидал, гьезда гьев жемизе мусруцин батуларо, жиндаго тIад ретIун бугеб ретIел гурого. Гьумер бахчидал хIатIал загьирлъулеб, хIатIал рахчидал гьумер загьирлъулеб букIуна гьеб. Цинги Аварагас ﷺ амру гьабула гьумерги гьелъ бахчун, хIатIазда тIад гIатIгояб гIурччинлъи лъеян. МусгIабида цевеги эхетун Аварагас ﷺ гьесда тIаде «Аль-АхIзаб» сураталъул къоло лъабабилеб аят цIалула.

 

Рашид МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...