Аслияб гьумералде

Къо-мех лъикI Рамазан…

Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.

 

Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго лъаларо. ГьабсагIаталда дунялалда хIалуцараб ахIвал-хIалги буго. Гьединлъидал щивав чияс тIадчIей гьабизе ккела жиндирго гIибадат камил ва тIабигIат берцин гьабиялда. БетIергьанас тIаде балагьал риччаялъе аслияб гIилла нилъедасан ккарал мунагьаллъидал ругел. ГIибадаталда тIадчIей гьабурасул мунагьал дагьлъила, гьелда гьоркьор ккарал ратаниги, гIибадаталъ рахчизарила. Амма нилъер тIагIат гьечIони, мунагьал гуреб тIокIаб раччи, мугъалда букIинаро. Гьединал гIадамал бокьараб тамихIалъе мустахIикълъизеги рес буго.

Рамазан моцI буго гIибадат куцазе, черх ругьун гьабизе лъикIаб мех. КIал ккун рукIаго черх букIуна загIипго, ракI тIеренлъула, къуват дагьлъула, шагьват загIиплъула. Гьеле гьеб заман буго гIибадаталъе бищун лъикIаб мехги. Гьединаб рес букIаго черх лъадарани, гIибадаталда ругьунлъула. Цинги гIадатияб ишлъунги лъугьуна.

Рамазан моцIалда жанир ругел пайдаби нилъеда рикIкIун бажаруларо. Балагье цо хIикматалъухъ, черхги бакъизабун рохизарулел руго нилъ. Масала, кIалги кквечIого вакъун чIарав чиясул щибго рохел букIунаро, кидадай квен щвелаян вукIуна. Амма рамазаналъ кIал ккурав чи кидаго вохун вукIуна, хIатта тIубараб сонго кIал кколеблъун бугебанищан ракIалдеги ккола.

Гьаб буго кIал кквезе щибго квалквал гьечIеб, къо гьитIинаб, сордо халатаб заман. Гьединлъидал, къаси мехалдагIаги гIибадаталъе дагьаб кIвар цIикIкIун кьуни, лъикIаб букIина.

Цоги хIикмат. Дагъистаналде гьоболлъухъ рачIарал туристазги хIалбихьулеб буго кIал кквезе. Гьездаги рохел гуреб цогидаб захIмалъи, бакIлъи халлъулеб гьечIо кIал кквеялда жаниб. Балагьеха цо, жеги бусурбабицин гурел гIадамазеги интерес букIунеб буго рамазаналъул кIал кквеялде. Гьеб буго БетIергьанас гьелда жаниб лъураб гьуинлъи, макънатIисалъ гIадин халкъ тIаде цIай, цолъи-рекъел гIадамазда гъорлъ щулалъи.

Гьединги букIаго, бусурбабилъун Аллагьас рижарал нилъее рамазан моцIалдаса пайда босичIого, гьелдаса рохичIого рукIине рекъараб бугищ?

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...