Аслияб гьумералде

Рамазаналда хасаб

Рамазаналда хасаб

Рамазаналда хасаб

Рамазан моцIалъ гьаризе рекъарал гIибадатаздасан ккола Къуръан цIали. ГIадамазе нухмалъилъун букIине ва гьел хIакъикъияб, битIараб нухде тIоритIизе рамазан моцIалъ рещтIана хирияб Къуръан. Гьелъие нугIлъи гьабуна Къуръаналда бугеб аяталъ: «Рамазан буго Къуръан рещтIараб моцI», - ян (сура «ал-Бакъара», аят 185).

 

Имам ШагIбияс абуна: «Къуръан рещтIине байбихьана Лайлатул къадриялъул сордоялъ», - абун. Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абуна: «Ибрагьим аварагасде СухIуфал рещтIана рамазан моцIрол авалаб сордоялъ. Муса аварагасде Таврат рещтIана рамазаналъул анкьго къо араб мехалъ. ГIиса аварагасде Инжил рещтIана рамазаналъул анцIила лъабго къо араб мехалъ. Къуръан рещтIана рамазаналъул къоло ункъо къо араб мехалъ», - абун.

Къуръан цIали хирияб букIин бицунел хIадисал:

– «Къуръан цIаларав чиясда ракIалде ккани жиндие гьелъухъ кьуралдаса цIикIкIун цоги чиясе кьунин абун, гьев вуго Аллагьас ﷻ тIадегIан гьабураб жинца гьитIинаблъун гьабурав».

– «Нужер бищун лъикIав Къуръан лъазе гьабурав ва гьеб цогиязда малъарав вуго».

– «Къиямасеб къоялъ Къуръан цIалулезул эбел-инсул бетIералда лъола бакъ гIадин жиб гвангъулеб таж».

– «Къуръан цIалулесул мисал буго хIавагIечалъул мисал, жиндаса берцинаб ва гьуинаб махI бачIунеб» (АхIмад).

– «Къуръаналъул жого ургьиб гьечIев, ай щибго жо ракIалдасан лъаларев яги гьеб цIализего лъаларев чи чIунтIараб рукъалда релълъун вуго».

– «Къуръан цIалулев релълъарав вуго утружатида, жиндир махIги берцинаб, тIагIамги гьуинаб».

– «Щив чи вугониги жинца Къуръан цIаларав ва гьелда рекъон гIамалги гьабурав, ТIадегIанав Аллагьас гьесул эбел-инсуда лъела къиямасеб къоялъ ботIрода таж, дунялалда бугеб бакъудасаги жиндир кунчIи берцинаб».

– «Нужеца Къуръан цIале, хIакълъунго, гьеб бачIине буго гьелъул агьлуялъе кумекалъе къиямасеб къоялъ».

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...