Аслияб гьумералде

«Къуръаналъул сордо»

«Къуръаналъул сордо»

Гьал къоязда Дербент шагьаралда бугеб мультимедияб фонтаналъул майданалда тIобитIана «Къуръаналъул сордо» абураб цIаралда гъоркь гIелмияб мажлис. Дагъистаналъул муфтияталъ гIуцIараб гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна аза-азар чияс. Хъизамалгун, лъималгун ва цадахъ ругел гьалбалгун рачIун ругоан гьелде гIадамал.

Мажлис тIобитIана магIна гъваридал насихIатал гьаризе халкъалда цере гIалимзаби рахъиналдалъун. Щибаб кIалъаялда гьоркьор ахIулел рукIана Бичасул аварагасул ﷺ гIумру баян гьабурал мавлидал ва туркаби. Берцинаб макъаналдалъун цIалулеб Къуръаналъ асар гьабичIев чи цониги хутIун ватиларо гьеб данделъиялда.

Гьеб сордоялъ можоро бахъана гIумраялде ине рес кьолеб лъабго путевкаялъеги.

«Къуръаналъул сордо» абуралда релълъарал данделъабаз квербакъула халкъазул ракIал ва рухIал данде гьариялъе, гIадамазда гьоркьоб рекъел-маслихIат тIибитIизабиялъе. 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...