Аслияб гьумералде

МахIачхъалаялда - мавлид

МахIачхъалаялда - мавлид

МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб хирияб рабигIул аввал моцIалъул хIурматалда, гьабуна мавлид.

Мавлидалда цебе гьабуна шазалияб хатму. Гьелда ва хадуб тIобитIараб мавлидалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс, шайих МаламухIаммад-афандияс ва аза-азар бусурбанчияс.

Мавлид байбихьана хирияб Къуръан цIалиялдасан. Ва гьеб цIалана Аварагасул ﷺ наслуялъул чи, шайих Маъмун ШагIбан Халиля ар-Равияца. Гьединго гьес имамлъи гьабуна маркIачIул ва боголил какал ралелъулги.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ва баркиялъулаб каламгун кIалъана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...