Аслияб гьумералде

Хабалазда Къуръан цIали

Хабалазда Къуръан цIали

Хабалазда Къуръан цIали

Цо-цо чагIаз абула хварав чиясдасан хабалазда аскIоб Къуръан цIализе бегьуларин, имам ШафигIиясул рагIиги бугин гьеб бидгIа кколин абураб. 

 

ХIакъикъаталдайин абуни имам ШафигӀияс абуна: «Суннатаб буго хабалазда аскӀоб Къуръан цӀализе ва хварасе дугӀа гьабизе. Гьеб дугӀаялъе чӀезабураб заманги гьечӀо», - ян. («Ал-Умму» 1/322, «Хадим ар-РафигӀий ва Ар-Равзат», «Китабул жанаиз» 578 гьумер)

Аз-ЗагӀфаранияс имам ШафигӀиясда цIехана хабалазда аскӀоб Къуръан цӀализе бегьулищин абун. Гьес абуна: «Хабалазда аскӀоб Къуръан цӀалиялъул къварилъи гьечӀо», - ян.

Аз-ЗагӀфараний ккола ШафигӀияб мазгьабалъул кӀудияв имам ва имам ШафигӀил мутагӀалим.

Аш-ШагӀбияс бицана: «Ансаразул цояв хвейдал, гьел (гIадамал) унел рукӀана гьесул хабаде ва цӀалулеб букӀана Къуръан», - илан. (ибну Къайимил «Ар-РухӀ» 16 гь., шайих ГӀабдуррахӀим Ат-ТӀахӀанил «ХутӀабу ва Ад-Дурус» 73/20)

Таватуралдалъун бачӀана имам ШафигӀияс Лайс бин СагӀдил хабаде зиярат гьабунин ва гьесда аскӀоб тӀубараб Къуръанги цӀаланин абун. («ИтхӀафу Ас-Садатул Муттакъин», «Китабу зикрул мавт ва ма багӀдагьу» 14/283)

Имам Нававияс абуна: «Суннатаб буго хабалазде зиярат гьабидал Къуръаналдаса бажарараб жо цӀализе ва цӀалун лъугIидал хваразе дугӀаги гьабизе. Гьедин бачӀана имам ШафигӀиясдасан ва гьелда тӀад рекъана (нилъер мазгьабалъул) асхӀабзабиги», - ян. («Ал-МажмугӀ» 6/320)

Ибну ХӀажар Гьайтамияс абуна: «Чи вукъун хадуб хабада Къуръан цӀализе хьвади карагьатаб бугин абураб цо-цоязул рагӀи нахъчӀвараб буго. Суннатаб буго, имам ШафигӀиясдасан бачӀараб гӀадин, Къуръаналдаса бигьаял суратал цӀализе ва дугӀа гьабизе», - ян. («ТухӀфат» 3/199-200)

«Фатавал ХӀифнавий» абураб тIехьалда «Анкьалъ хабада аскӀоб яги хварасул рокъоб къулгьу гьабиялъул хӀукму щиб?» абураб суалалъе хъвалеб буго гьадинаб жаваб: «Гьедин гьабизе лъикIаб буго ва хварасе гьелдалъун пайда букӀуна», - ян. («МажмугӀул Фатава», «Фатал ХӀифнавий»)

 

 

 

Хабалазде зиярат гьабидал, хварасда аскӀоб цӀалила Къуръаналдаса бажарарал суратал

 

 

 

«Мугънийялда» абун буго: «Хабалазде зиярат гьабидал, хварасда аскӀоб цӀалила Къуръаналдаса бажарарал суратал. Гьеб буго хабалазул суннаталдасан», - ян. («Мугъний» 2/58)

Имам АхӀмадица абуна: «Хабалазде лъугьиндал нужеца цӀале «Аятул Курсий» ва «Къул гьува Ллагьу АхӀад» - лъабго нухалъ, цинги абе: «Я Аллагь, гьелъул хиралъи хабалазул агьлуялъе буго», - ян. (КъуртӀубиясул «Ат-Тазкират» 274 гь., «ИгӀанат» 2/281)

Салафу-салихӀуназ абунин бицун бачIана, щив чи вугониги жинца 11 нухалъ Къулгьу цӀалун ва хабал агьлуялъе гьелъул кириги кьуни, гьесул мунагьал чурула гьеб хабалазулъ вукъун вугевщинав чи рикӀкӀун. («ХӀашиятул Къалюбий» 1/567)

Суратул «Бакъараталъул» байбихьи ва ахир, гьединго, «Ясин» цӀалани, гьеб лъикIаб бугила. («ХӀашиятул Аш-Ширвани» 3/202)

ХӀанафияз абуна: «Суннатаб буго хабалазде зиярат гьабурасе сурату «Ясин» цIализе ва гьединго сурату «Аль-ФатихӀа», сурату «Ал-Бакъараялъул» байбихьи «МуфлихӀиналде» щвезегӀан, гьединго, «Аятул Курсий» ва «Амана РРасул», сурату «Ал-Мулк», «Табарака», сурату «Ат-Такасур», 3-12 нухалъ «Къулгьу», лъаб-лъаб нухалда «Фалакъ» ва «Ан-Нас» цIалила. Цинги абила: «Я Аллагь, дуца щвезабе кири нижеца цӀаларалъул пуланав чиясе яги хабал агьлуялъе», - абун. (ЗухӀайлил «Ал-Фикъгьул Исламий» 2/1569)

 

Насиб МуртазагIалиев,

Гьимерсо росдал имам, ЦIумада район

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...