Аслияб гьумералде

Белгородалда ккараб лъугьа-бахъи-налда бан, муфтияс гьабураб хитIаб

Белгородалда ккараб лъугьа-бахъи-налда бан, муфтияс гьабураб хитIаб

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуЛлагьи ва баракатугьу!

ЦерегIан къоязда Белгородалда ккана балагьаб лъугьа-бахъин. ГIадамаз гIумру гьабулеб кварталде гьабуна гьужум. ГIадатиял ва ракълилал гIадамазде гьужум гьабулезда лъолеб цIарги кинал рагIабаздалъун гьелъул бицинебалиги кинго лъаларо. Нилъеда гьебго хIал бихьулеб буго Палестинаялъул ракълилал гIадамал чIвалел рукIиналдасанги. Гьеб буго цIакъ хIинкъараб иш. Щиб гIайибха букIараб, масала, Шебекиноялда гIумру гьабун вугев пенсионерасда? Щиб гIайиб букIараб цогидал гьединалго ракълилал гIадамазда? Гьеб буго цIакъ рекъечIеб ва лъикIаб гуреб иш. Бегьуларо ракъилал гIадамазде гьужумал гьаризе. 

Нилъеца щибаб какда хадуб дугIа гьабизе ккола рагъда цересел кьеразда ругел гьалмагъзабазе. ДугIа гьабизе ккола питна-балагьаздаса цIунагийин абун. БетIергьанасда гьаризе ккола нилъер гIолилал чаго-гIатIго ва сах-саламатго рокъо-рокъоре руссагийин абун.

Нилъер улкаялъул президент Владимир Путиница абуна: «Россиялъул цебетIеялда цебе хIетIе кквезе ва россиялъулал рикь-рикьизаризе кIолеб къуват гьечIо. Россиялъул къисмат нилъедаго, ай гIемермиллатазулаб нилъер улкаялда бараб буго. Нилъ ккола цо хъизам ва нилъ жеги къваталлъун лъугьинеги руго».

ХIурматгун, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди ГIабдулаев.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...