Аслияб гьумералде

Имамас гIахьаллъи гьабуна

Имамас гIахьаллъи гьабуна

ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъ тIобитIараб ифтIаралда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIапизов ШагIбан-хIажица. Гьес баркала загьир гьабуна гьаб хирияб моцIалъ ифтIарал тIоритIизе «Инсан» фондалъе кумек гьабулелщиназе.

«Нилъеда кIочене бегьуларо мискинзабиги рукIин. Нилъеда лъазе ккола, жакъа нилъехъа гIадин гьадин данде ракIаризе кIоларелги гIемер рукIин. Гьединлъидал нилъеца, тIоцебесеб иргаялда, БетIергьанасе рецц гьабизеги ккола. Гьединго гьабизе ккола къварилъиялда, захIмалъиялда ругезе дугIаги», - ян абуна ШагIбан-хIажица.

Гьес баркала кьуна ГIабдулрашид Садулаевасе, ЦIуриб ифтIар тIобитIиялъул мурадалда, 120 азарго гъурущ кьуралъухъ. 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...