Аслияб гьумералде

Теннис хIаялъул рахъалъ турнир

Теннис хIаялъул рахъалъ турнир

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул призалъе гIоло, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къоялъ МахIачхъалаялда тIобитIана столалда теннис хIаялъул рахъалъ турнир. Бихьиназда гьоркьоб тIобитIараб гьеб къецалда гIахьаллъи гьабуна 240-гIан спортсменас. Гьезул бищун гьитIинасе букIана микьго сон ва бищун кIудиясе 78 сон. Бергьаразе ва гIахьаллъаразе кьуна шапакъаталгун сайгъатал. ТIоцебесеб бакI ккурав Темирлан Хасбулатовасин абуни жиндиего щвараб 100 азарго гъурущ кьуна мискин-пакъиразе.

Цолъиялъул къоялъ чуял тIамуна

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къоялъ, чуял тIамиялъул къецал тIоритIана. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабазги. Чуял тIамуна щуго батIияб халалъиялъул манзилалда. Щибалъул призалъулаб фондги букIана 60000 гъурущ.

Машгьурай тиктокер - муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистаналде ячIун йикIана машгьурай тиктокер Хадиджа (Полина) Хохлова. Гьей щвана муфтиясухъеги. Гьезул букIараб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместитель МухIаммад Майрановасги. Гьоболалъ бицана жиндир анищ букIанила АхIамад афанди вихьиги гьесул къиматал малъахъваял рагIиги. «Гьанже гьеб мурад тIубана дир. Дун йохарайги йиго нилъер гьадинав гIакъилав цевехъан вукIиналдаса», - ян бицана гьелъ дандчIваялдаса хадуб.

Меликов муфтиясухъе щвана

15 сентябралда ДРялъул бетIер Сергей Меликов гьоболлъухъ вачIун вукIана АхIмадафандихъе. Регионалъул нухмалъулес шайихасда баркана гьавураб къоги Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул байрамги. Гьединго муфтиясе кьуна къиматаб сайгъатги.

Муфтияталъул председатель дандчIвана имамзабигун

Дагъистаналъул муфтияталъул конференц-залалда, муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановасул нухмалъиялда гъоркь, тIобитIана шагьаразул ва районазул имамзабазул гIахьаллъигун данделъи. «Гьаб буго нилъер тIоцебесеб данделъи. Хьул буго Аллагьас нилъер мажлис баракатаблъун гьабилин абурабги. Нилъеда цебечIараб масъала буго цадахъ рекъон хIалтIи ва тIаде росарал ишал тIуразари», - ян абуна Майрановас данделъи рагьулаго. Гьениб бицана кIвар кьезе ккарал масъалабазул ва рорхана чара гьечIого тIуразе кколел суалал.

Халкъазда гьоркьосеб форумалда гIахьаллъана муфтиги

Санкт-Петербургалда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб «Религиозный мир: духовная активность в условиях регулирования эпидемиологической обстановки» абураб форумалда, видеобухьеналъул кумекалдалъун, гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад афандицаги гьесул кумекчи МухIаммад МухIаммадовасги. Форумалъул гIахьалчагIаз бицана рухIияб хазина цIунизе ккеялъул, коронавирусалъулаб инфекция тIибитIараб гьаб заманалда волонтераз ва халкъалъ гьабураб кумекалъул хIакъалъулъ.

«Нилъеде тIаде бачIараб къварилъиялъ гIадамал цолъизаруна ва гьелъ бихьизабуна цадахъ рекъон гьарулел ишаз хIасилги кьолеблъи. Я миллаталъухъ ялъуни диналъухъ балагьичIого нилъер халкъаз хIаракатаб гIахьаллъи гьабуна гьеб къварилъиялде данде къеркьеялъулъ», - ян абуна ДРялъул муфтияс. Халкъазда гьоркьосеб форум гIуцIун букIана СанктПетербургалъул ва Россиялъул севериябгун бакътIерхьул регионалъул Динияб идараялъ. Гьелда гIахьаллъи гьабуна СанктПетербургалъул губернатор Александр Бегловас, Петербургалъул муфти Равил-хIазрат Панчеевас, Северияб Кавказалъул рухIиял церехъабаз, къватIисел улкабаздаса диниял хIаракатчагIаз ва гIемерал цогидазги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...