Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай.

Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун хӀалтӀи гьабиялъул рахъалъ Дагъистан Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диниял суалазул министерствоялда цебе гӀуцӀараб ведомствабазда гьоркьосеб советалъул членалги.

Данделъиялда бицана регионазда бугеб ахӀвал-хӀалалъул, гьоркьоб лъуна Дагъистаналъул жамагӀатазул хӀаракатчилъи, хӀукуматалъул идарабазулгун ва жамгӀиял гӀуцӀабазулгун бухьенал, рорхана республика тун къватӀир ругел дагъистаниязда церечӀарал суалал.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...